МагъчIваялъе рес

HRW: Россиялъ Крымалда репрессиязул атмосфера баккизабуна


Ukraine -- Political caricature (Author: Oleksiy Kustovskyi)
Ukraine -- Political caricature (Author: Oleksiy Kustovskyi)

Human Rights Watch гIуцIиялъ лъазабулеб буго Россиялъул тIалъиялъ кIиго соналда жаниб Крымалда хIинкъиялъул ва репрессиязул атмосфера баккизабунин гьеб бащдабчIинкIиллъи Украиналъухъа бахъун.

Нью-Йоркалда загьирабураб докладалда абун буго 2014 соналъул март моцIалда Крымалъул аннексия гьабун хадусала доба я рагIуе эркенлъи, я цогидал демократикиял нормаби хIалтIулел гьечIин.

Кутакаб тадецуй гьабулеб бугин Крымалъул татаразде, гьез Россиялъул оккупациялде данде чIун рукIиналъухъ.

Евроцолъиялъул къватIисеб политикаялъул бетIер Фредерика Могериница 18 марталда лъазабуна, Евроцолъиялъул 28 улкаялъ Крымалъул аннексия къабул гьабулеб гьечIин ва Крым Украиналъул территориялъун рикIкIунеб бугин.

XS
SM
MD
LG