МагъчIваялъе рес

"ХIусеница абичIеб жеги абизе буго"


Унеб букIана 1999 абилеб соналъул квачараб хасел. Улкаялда квешаб хIал букIана кинабго рахъалъ. Даим гьекъарав къиралги, унеб рахъ лъалареб пачалихъги букIана.

"ХIусеница абичIеб жеги абизе буго"
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:27 0:00
Интернет-мухъ

Дун гIолохъанав магIарул газеталде хIалтIизе лъугьарав мухбир вачIунев вукIана Ярагъиясул къватI чIван тIадехун. Данде вачIунев вугоан машгьурав театралъул актер ХIусен Казиев. Кодоб цо буханкаги бугоан асул, цо газеталги ругоан. Бугеб таваккалги бакIарун данде ана.

-Асаламу гIалайкум!

- ВагIалайкум салам...-ги абулаго, гьаб куц-бегI кибдай бихьараб дидаян абулев гIадин валагьун чIана ХIусен. Дица кумек гьабуна.

-Дуда дун лъаларо, дун "ХIакъикъат" газеталъул цIияв мухбир вуго. Духъа интервью босизеха дие къварегIун букIараб.

- Босеха...

-Гьаниб кин босилеб? Кида?...

-Дун отпускаялда вуго...

- Отпускалда вугони кьезе бегьуларищ интервью?

- Хъвай дир адресги телефонги: Ирчи Хъазакъил къватI... щибалиго рукъ. Метер радал вачIаха хIажат батани, гьенив вукIуна дун. Дун цIакъ разиго унев вукIана тохлъукьего ккараб дандчIваялдаса. 90 абилел соназда ниж унаан театралде. Залалда вукIунев вукIун ватула 10-20 чи.

Кинабго гIалам буссун букIана багIарал, гIурччинал пиджакалги, цо ричIчIулареб ретIелги ретIун концертазде. Бандитазги артистазги цIун букIана Дагъистан. Цо-цо мехалда гьел кIигояз цоцазул ролалцин хIалал гIумруялъулъ.

Дагьал чагIи рукIана театралда. Амма теаралда абурал кепал калимаби нижер гIумруялъулъ рукIунаан. Казиевги вукIана кумирлъун. Хадусеб къоялъ щвана ХIусеница кьураб адресалда. КIутIана нуцIида, сихIкъотIи... Нахъойги кIутIана, гьечIо гьаракь.

Дагьалъ эхетунги чIун цощинаб адрес мекъи хъванадай абун тIад вуссунаго рагьун бачIана нуцIа. Бугоха цо гIадан хIинкъилеб гьумер. Хичараб рас, цIацIарал берал, даларал къалал ва гъоркьа ратIлилъ кьижаралъуса вахъарав Казиев. БетIер хьвагIун ишара гьабуна жаниве лъугьаян. Дун залалда гIодов чIезавуна ва живго ана ваннаялде. Доваса ахIдон кIалъалев вуго:

- ЧIужу ана Москваялде... ясалъухъе щвезе, дунго вуго... вабабай бугеб санагIат гьечIеб жо гьал чIужаби гьечIолъи, посуда буго гьадаба чуричIого...- янги абун цадахъго полотенцегун рукъ бакьулъе вачIана ХIусен.

Цо лъимадухъего гьимана. - Гьаб сагIат нилъеца рекъезабиларищха, щай нилъее ал руччаби анир? Хех гьабун цо шишаги, закуска жоги рекъезабуна столалда ва байбихьана гара-чIвари. РакIалде бачIанщинаб жо бицунел рукIана. Ахиралда цойги щиб асда гьикъилеб лъаларого как балищ дуца абун гьикъана.

Казиев Казиев вукIинароан гьенибги киназдаго релълъараб жаваб кьуни. - Балила дуе, херав чияс какищ балеб? Как базе ккола бохдузда рухI бугеб гIолохъанаб заманалда - ян велъана.

Кьуна дица редакциялъухъе цо санагIат гьечIеб, дора рукIаразда релълъинчIеб гара-чIвари "ХIусеница абичIеб жеги абизе буго" абураб цIаралда гъоркь. ЦIаларал кIариялда релъулаан, цохIо гара-чIвариялъ гурев живго ХIусен вуго гьедин кеп щвезабулев чи.

ХIусен Казиевас хIарал ролал ва театр нижерго гIумруялъулъе лъугьун букIанин абизе бегьула. Гьесул калам, ретIел, вуссинги свери, кIалъалеб къагIида гьабун релъулаан. Гьес хвасар гьабунин дармил ва бандитизмаялъул заманалда театрин абизе бегьула.

Гьев вуго хIикматаб гьунаралъул актер. Казиевасда гIадин цойги лъиданиги кIоларо цого махщалида ва тIадегIанаб даражаялда трагедияги комедияги, хIатта цохIого постановкаялда валагьарав велъизавизеги ва пашман гьавизеги.

Гьев ракI гIатIидав ва хIикматаб гьунаралъул инсанасе, лъикIав чиясе жакъа тIубан гIумруялъул лъабкъоялда анцIго сон. ЛъебергогIаги букIарабани, кигIан гьев нилъее хIажат вукIарав цIидаса ролал хIазеги нилъее образаздалъун тарбия кьезеги.

ГIемерисезда ккола театр бугин рекIелгъеялъе гIуцIараб бакIин. Театралъ ва Казиев гIадав актерас инсанасе кьола тарбия. Пайда щиб гьев цохIо гурони гьечIо, гьесул бугеб даражаялъул. Вугесул къиматги гьабун, лъикIабщинабги гьарун баркизинха юбилей.

Аллагьас сахлъиги гIумруги кьеги гьесие гьал бццал ракIалги, бецIаб гIаламги кантIизабизе ва канлъуде бачине. Хабаралги лъикIал рагIайги нилъер киназдаго.

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG