МагъчIваялъе рес

Гьиллари Клинтонил иргадулал бергьенлъаби


Америкалъул Цолъарал Штатазул Демократикияб партиялъул рахъалъан президентлъиялде кандидатлъун кколей Гьиллари Клинтон Иллинойс штаталда бергьана тIоритIарал цереккунисел рищиязда. Гьелъие щвана рищарухъабазул гьаркьазул 50,3%, процент. Гьелъул дандияв Берни Сандерсие щвана гьаркьазул – 48,8% процент.

Ноябрь моцIалда рукIине ругел президентасул рищиязда Гьиллари Клинтонил дандиявлъун вахъине цIикIкIарал ресал ругев Республиканияб партиялъул рахъалъан кандидат Дональд Трамп бергьана Иллинойс, Шималияб Каролина ва Флорида штатазда. Огьайо штаталда рукIарал цереккунисел рищиязда Дональд Трампида тIад бергьана гьеб штаталъул губернатор Джон Кейсик.

XS
SM
MD
LG