МагъчIваялъе рес

Депутатаздасан щвечIеб жаваб диваналдасан тIалаб гьабулеб буго


МухIамадгIали МухIамадов.
МухIамадгIали МухIамадов.

Халкъияб Мажлисалда депутатаз рахъкквечIеб къануналда тIасан гIарза битIулеб буго республикаялъул прокуратураялъ диваналде. Гьеб букIана цеве Дагъистаналъул нухмалъиялда вукIарав МухIамадгIали МухIамадовасе, хъулухъалдаса нахъе ун хадурги хъаравулзабиги, чIорого цогидал хъулухъалги теялда хурхараб къанун.

Интернет-мухъ

1990 соназда Дагъистаналъе нухмалъи гьабурав МухIамадгIали МухIамадов хъулухъалдаса нахъе ингун гьесие чIезарун рукIарал бигьалъабиги шартIалги къануналда данде ккунгутIиялъул дагIба бан букIана прокуратураялъ гъоркьисала ихдалги. Гьеб мехалда парламенталъ инкар гьабуна гьелъул рахъкквезе. Гьединго ккана исана февралалда букIараб депутатазул сессиялдаги.

Гьединлъидал гьанже прокуратураялъ жаваб тIалаб гьабизехъин буго диваналдасан.

МухIамадгIали мухIамадовасе чIезарурал бигьалъабаздагун шартIазда гъорлъе уна пачалихъияб хъаравуллъиги, транспортги, лъагIалида жаниб цоцIул курорталде ине бугеб ресги, хвезегIан моцIи-моцIие кьолел гIарцул шапакъаталги, официалиял вакилзабаз гурони пайда босизе ихтияр гьечIел аэропорталъул VIP-залалги, хIукуматалъул бухьеналдасан пайда босизе бугеб ресги.

Республикаялъул тIалъиялда рукIарал киналго нухмалъулезе бегьилин гьединал шартIал чIезаризе, рес бугониян абуна ЭР-ялъе МухIамадгIали МухIамадовасул заманалда оппозициялда вукIарав жамгIияв хIаракатчи ва журналист ГIалисултан ГъазимухIамадовас. Амма гьадинги Москваялдаса рачIунел дотацияз хьихьараб республикалда гьединал жал гьари мекъаб хIукму бугила.

ГIалисултан ГъазимухIамадов: «Гьелъ нугIлъи гьабула гьагъаб парламенталда гъов МухIамадгIали МухIамадовасул системаялда гIурал депутатал рукIиналъе. Гьединго гьелъ нугIлъи гьабула мекъаб, тIекъаб, къануналда данде кколареб тIалъиялъул мисаллъун букIиналъеги.

Дир пикруялда, гьединав рес гьечIев, гьеб пенсиялдеги цогидалдеги ккраав чи МухIамадгIали гуро. Гьединго дида ккола депутатаз къабул гьабураб гьеб хIукму бугин нилъеда тIад релъулеб гIадаб жо».

МухIамадгIали МухIамадовас Дагъистаналъе нухмалъи гьабуна 1994 соналдаса 2006 соналде щвезегIан. БитIун гьеб заманаялъ (хъулухъалдаса нахъе ингун) къабул гьабуна гьеб къанунги – 2006 соналъул 17 марталда.

МухIамадгIали МухIамадов хисун тIалъиялде вачIана МухIу ГIалиев. Амма гьесие яги гьесдаса хадув тIалъиялде тIамурав живго МухIамадгIали МухIамадовасул вас МухIамадсалам МухIамадовасе гьединал бигьалъаби чIезариялъул баянал гьечIо.

XS
SM
MD
LG