МагъчIваялъе рес

РитIухълъи балагьулаго живго кIичIикье ккезехъин вуго


ЧIварав Рамиc Мирзахановасул лъимал
ЧIварав Рамиc Мирзахановасул лъимал

КIиго соналъ цебе Табасаран мухъалъул Акка росулъ хасаб операциялъул заманалда низам цIунулез чIван вукIана бакIалъул мажлисалъул депутат Мирзаханов Рамис.

РитIухълъи балагьулаго живго кIичIикье ккезехъин вуго
please wait

No media source currently available

0:00 0:05:04 0:00
Интернет-мухъ

Щибго гIайиб гьечIев жиндир вац чIварал къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби тамихIалде цIайилан гьесул кIудияв вац Руслан гIемер бакIалде хъвадарана, гьез чанцIулго митингалги тIоритIана. Гьеб хIаракаталъухъ гьанже жинде тIаделъун ругила низам цIунулел, гьез вуханила жив, чIвазе вугин хIинкъалабиги кьунин лъазабулеб буго Русланица.

Низам цIунулез жидецаго гьев депутат мекъи ккун чIван вукIин лъараб мехалда гьес жидеде тIадекIанцIи гьабунила, гьев экстремист вукIанила абун чIезабизе хIалбихьана. ЧIварасул вацасул хIаракаталдалъун гIемер гьес ахIи-хIур бахъинабун гьеб ишалъул цIех-рех гьабуна ва Рамисица лъидениги тIадекIанцIи гьабичIолъи чIезабуна, амма гьев чIварав чи жеги диваналде цIан гьечIо.

Гьеб иш цебе билълъине толеб гьечIин, гьелъул цIех-рехалъулги щибго хIасил кколеб гьечIин, гьеб роцIцIинабиялъе жидее кумек гьабейилан гьарун исана февралалда Россиялъул жанисел ишазул министерлъиялъул Шималияб Кавказалъул федералияб округалда тIад бугеб бутIаялъул бетIер Сергей Ченчикихъе ун вукIана Мирзаханов Руслан.

Жиндир хасаб бербалагьиялде гъоркье бачине бугин гьеб ишилан рагIи кьун букIун буго гьеб мехалда Ченчикица. Унголъунги гьес хIалтIи гьабизе байбихьараб гIадаб къагIида бугила, Табасаран мухъалъул къуваталъул идарабаздеги гьелъул тIири щун батилила жиндида цIакъ ццин бахъун ругила гьелилан бицана «Эркенлъи» радиоялъе Русланица.

Гьал къоязда Табасаран мухъалъул полициялъул бутIаялдеги ахIун гьенив вухун вуго гьев низам цIунулез, мун гIадал мацIихъаби чIвазе кколин хIинкъалаби кьолел рукIун руго. Гьеб киналъулго хIакъалъулъ Русланица «Эркенлъи» радиоялъе гьадин бицана.

Мирзаханов Руслан:«Нижер бакIалъул полициялъул хIалтIухъанас ахIун бачIана дихъе цо дургун бицине хабар бугила полициялъул бутIаялде ваккейилан. Гьелдаса хадуб сагIат иналде дун Хучниялде жанисел ишазул бутIаялде щвана. Полициялъулас дун цо аскариясул партал ретIарав ворхатав кIудияб къаркъалаялъул чиясде аскIовеги вачун гьав вугин Мирзахановилан абуна гьесда.

Гьесдаго аскIов вукIана гIадатияб парталги ретIарав цойги чиги, гьезул цохIонигиял дида лъаларо. Гьезги жидерго цIарал рицинчIо чанцIул дица цIеханиги. Аскариясул партал ретIарав лъугьана дунгун цIакъ хъачIго кIалъазе.

Дир вас кивила вугевилан цIехолдизе лъугьана гьев. 2014 соналъул октябралдаса нахъе дида гьев вугеб бакIги лъаларила, гьев цIалулев вукIараб Пенза шагьаралдасаги гьев тIагIун вугин абуна дица. Мун гIантавищила вугевин абун тIаде-тIаде лъугьун диде гьесадана гьев. Дун гIантавги гьечIин, дунгун гьедин хъачIго кIалъагейин мунилан абуна дица.

Гьеб мехалда дида тенкезе лъугьана гьев, жинца бихьилила дуе гьабулеб жойиланги абун. Рокъой йигей чIужуялда хадув витIулев вукIана гьез дун, гьелдеги ахIичIеб хъубаб рагIи течIо.

Мун щибизейила жинде данде гаргадулев, абурабги гьавун вукIинчIого дуе щибиланги абун кьабараб жоялъ гьеб рокъоб букIараб кIиябго сейфалда гьоркьов къазавуна гьес дун. Гьенив лъикI вухана, малал рана. Гьеб мехалда тIаде вачIана Табасаран мухъалъул полициялъул бетIер ХIажиев Тельманги.

Нужеца гьабулеб жо щибин, мун кив валагьун вугевилан дица абидал гьев диде ахIтIезе лъугьана. Мун мацIихъан вугила, жидеда тIасан щиб гьабизе хъвадарулев чийилан мун, чIвазе кколила мунгIадалин абуна гьес. Аскариязул партал ретIарав лъугьана гьав жеги чIаго щиб гьабизе чIаго тун вугев чийилан абун».

Вухараб гIечIого жанивги тIамун вуго Руслан гьеб полициялъул бутIаялдаго. Гьенибго диванги гьабун, адмиинстративияб тамихIалде цIан вуго гьев. Амма бищунго цIакъ гьесул рахIат хун буго гьел низам цIунулез бокьараб багьанаги батун рокъобе ярагъ реххун яги цойги щиб букIаниги гIилла балагьун жив туснахъ гьавизе бегьулин абун. Гьез мун гIодове виччачIони дур гIагарлъи бугеб бакI лъалила жидеда, дурго ургъел гьабичIони гьезулгIаги щайила пикру гьабуларебилан хIинкъалабиги кьун руго гьесие.

Мирзаханов Руслан: «Полициялъулас малъараб гьабичIила дица, гьесде ахIданила дунилан абун багьанаги батун диваналъ цо сордо-къоялъ туснахъ гьавун тана дун. Жанив тIамуралъусаги чанцIулго къватIивеги вачун долго чагIаз диде тIадецуй гьабулеб букIана. Жидеца рахIат тезе гьечIила дуе, мун къуркьизавичIого тезе гьечIилан рукIана гьел.

Гьаб сагIатги Табасаран мухъалда терроризмалде дандечIараб хасаб низам лъазабун буго. Гьеб бугеб мехалда гьезда бокьараб гьабизе кIола. Щибниги документги гьечIого дир рокъоре рачIине бегьула гьел. Гьенибе щиб бугониги къануналъ гьукъараб жоги реххизе бегьула гьез. Жидеего данде кколарел чагIазе нилъер гьаниб гьедин гурищ гьабулеб».

Гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун дагъистаналъул къуваталъул идарабазде гIарза хъван гьечIо Мирзахановас, гьелъул щибниги хIасил кколареблъи лъалила жиндидайилан вуго гьев. Республикаялда жиндие берцинго гIумру гьабизе гьел низам цIунулез толарила, гьединлъидал жив гьаниса нахъе ине вугинги бицана гьес.

Мирзахановас бицаралда тIасан Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ жеги кинаб букIаниги баян кьолеб гьечIо.

XS
SM
MD
LG