МагъчIваялъе рес

Гумбет мухъалда ччукIараб нух рагьизе анкь хIажалъулеб буго


Дагъистаналъул мугIрузда гIаздал гIансиял чIукIун ине рес букIиналъул хIакъалъулъ лъазаби гьабуна ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялъ 13 марталда. 14 марталде кьуру ччукIун нухал къан руго Гумбет мухъалда.

Интернет-мухъ

Дагъистаналъул мугIрузда гIаздал гIансиял чIукIун ине рес букIиналъул хIакъалъулъ лъазаби гьабуна ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялъ. Гьединаб ахIвал-хIал хутIизе буин чанго къоялъин лъазабулеб буго идараялъ ва гIадамал ахIулел руго сапарал рухьиналдаса инкар гьабиялде ва цIодорго рукIиналде.

ЦIунтIа мухъ гьадинги бищун квешал нухал ругел мухъазул цояб батилин абулеб буго гьеб мухъалдаса жамгIияв хIаракатчи МухIаммад Цезица. Гьел нухал къачIаялъул бицен бугила, амма къачIан рахъунел гьечIила гьел.

ЦIорол гIансиял ччукIиялъул ва нухал ччукIиялъул хIинкъи кидагоги букIанила мухъалда, амма Советияб заманалда мухъалъулгун гьаваялъулаб бухьен букIанин баян гьабуна «Эркенлъи» радиоялъе МухIаммадица. ГьабсагIаталда нухал ччукIиязул рукIунел санагIатбахъиял магIарухъ гьечIев чиясда бичIчIуларила.

МухIаммад Цези: «Гьел нухазул дица цебеги абулеб букIана, гьединал нухал тезе бегьуларин. ЦебегIан живго Хучбаровги вачIун вукIана гьениве. Амма цо Автодоралъги кинабго гьабун бажаруларо. Гьанже бугеб сезон буго бищун гIемер гIадамал хьвадулел, магIаухъе жо баччулеб, хьвада-чIвади гIемераб. Шагьаралда гIадин бокьараб мехалда рачIун бажаруларо къваригIелалъ. Цебе заманалда къайиги цогидабги тукабазде ва гIадамазе хIажатаб вертолетаз бухьен гьабун чIезабулаан, Совет хIукумат биххигун, цIараки хиралъанилан абун гьеб къотIизе тана. Жибго гIадамазе лъикI букIинаан вертолеталъулаб бухьен цIигьабунани, амма гьелъул бицинегIан цин ракьалдасан нухал гьарунани лъикI букIинаан. Амма магIарулазул иш гъоркьанги лъикI гьечIеб, тIасанги лъикI гьечIеб буго».

ЦIунтIадерил нухал гIазу-цIад бачIониги рукIунин хIинкъи бугеб хIалалдаян абула гьеб мухъалъул чагIаз. 2015 ва 2014 соназда автоавариялъул хIасилалда гIемерав чи хвана гьел нухазда. Гьединабго хIалалда руго лъебел мухъалде ругел шагьранухалги.

Гьединго, 14 марталъ Гумбет мухъалъул МелъелтIа ва ЛъаратIа росдада гьоркьоб бугеб, республикаялъул кIваралъулаб шагьранухалде ччукIун буго кьуру. Гьелъул хIасилалда лъиего зарал ккун гьечIин лъазабулеб буго Дагъистаналъул ГIорхъолъа рорчIарал ахIвал-хIалазул министерлъиялъул пресс-хъулухъалъ.

Мухъалъул Нухлул инспекциялъул хIалтIухъабаз сверун бугеб цогидаб нухдасан транспорт хьвадулеб хIал гьабун бугила.

Гумбет мухъалъул нухал гьариялъул нухмалъиялъул бетIер ГIалимчилав ГIалимчилаевас «Эркенлъи» радиогун букIараб гара-чIвариялда баян гьабуна ччукIун бачIараб жо нахъе бацIад гьабизе бищун дагьалдаса анкъ хIажалъулин. ЧчукIун бачIараб жоялъ бацун бугила 80 метр нухлул.

ГIалимчилав ГIалимчилаев: «БацIад гьабун киб лъугIулеб, анкьидасан лъугIилаха. 80 метр халалъи, 10 метр борхалъи бугеб жо буго ччукIун бачIун. Гьеб бацIад гьабизе нижерго техникаги гьанисаго гIадамалги журан руго. МагIарухъ рукIунарищха кьураби ччукIи, гьебги гьедин кканаха».

Сверун, цогидаб нухдаса хьвадизе ккеялъул квекIен гьечIин гIадамазейин тIаде жубана гьес.

XS
SM
MD
LG