МагъчIваялъе рес

Женеваялда байбихьана Сириялъул кIалъа-басаязул иргадулаб раунд


Стаффан де Мистура
Стаффан де Мистура

Итни къоялъ Женеваялда байбихьана Сириялда рагъулаб конфликт ракълилаб къагIидаялда рагIалде бахъинабиялъул суалгун гьоркьоб кIалъа-басаязул кIиабилеб раунд.

Сириялъул суалазул рахъалъан Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул хасав вакил Стаффан де Мистураца гьелда бан абуна, байбихьулеб бугин ракълилал кIалъа-басаязул кIвар бугеб цIияб этапилан.

ГьатIан къоялъ Франциялъул къватIисел ишазул министр Жан-Марк Эйро ва Цолъарал Штатазул пачалихъияв секретарь Джон Керрица какана Дамаскалъул вакилзабазул хIукму.

Гьез лъазабуна, жидеца Сириялъул президентасул рукIинесел рищиязул суал дандбазе гьечIин. Гьеб бугин провокационияб лъазаби, ян абуна Эйроца ва Керрица.

XS
SM
MD
LG