МагъчIваялъе рес

Эрдогьан: "Террористазе кьварараб жаваб кьезехъин буго"


Анкара, 2016 соналъул 14-билеб март.
Анкара, 2016 соналъул 14-билеб март.

Туркиялъул президент Ражап ТIайгьип Эрдогьаница абуна 13 марталда Анкараялда гьабураб теракталдаса нахъе Туркиялъ жеги кьварараб къеркьей гьабизехъин бугин террористазде данде. Террористаз гIадатиял гIадамазде гьадинал хIалихьатал тIаде кIанцIиял гьарулел ругин хIинкъи гьечIолъи цIунулел хъулухъазде данде рагъизе кIоларого.

Анкараялъул Кызылай абулеб майданалда автобусаз чIей гьабулеб бакIалда жаниб бахчун тараб бомбагун автомобиль кьвагьизабун, 37-чи чIван вуго, 120-гояласа цIикIкIарав лъукъун вуго. Къурбаналлъун аслияб къагIидаялда гIадатиял гIадамал ккун руго.

Туркиялъул тIадтараз журналистазе гьукъана балагь ккараб бакI бихьизабулел суратал загьираризе. ГIицIго официалияб прессаялъе гьадинаб изну кьун буго. Социалиял сайтазда гьадинал суратал тIатинарун хадусала диваналъ хIукму гьабуна Фейсбукалде ва Твиттералде нухал къазе.

Рехсараб теракт гьабун хадусала Туркиялъе жидерго квербакъи загьирабуна НАТО-ялъ, Евроцолъиялъ, Америкалъул Цолъарал Штатаз.

XS
SM
MD
LG