МагъчIваялъе рес

Ираналъ инкар гьабулеб буго бахъулеб нартил къадар дагьлъизабизе


Ираналъ инкар гьабулеб буго бахъулеб нартил къадар дагьлъизабизе. ГIагсалда, марталъул ахиралда гьелъ сордо-къоялда жаниб бахъулеб нартил къадар бахинабизе буго 2 миллион баррелалде. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна гьатIан къоялда улкаялъул нартил индустриялъул министр Бижан Занганеца.

Иран хIадураб букIине бугин бахъулеб нартил къадар дагьлъизабиялда хурхараб суал гьоркьоб лъезе, гьеб даража сордо-къоялда жаниб 4 млн баррелалде бахун хадубин, жубана министрас.

XS
SM
MD
LG