МагъчIваялъе рес

Лъазабулеб буго Шималияб Кореялъул субмарина гIанкъиялъул хIакъалъулъ


Цолъарал Штатазул информалатазул лъазабиязда рекъон, кибе ккарабали лъачIого тIагIун буго Шималияб Кореялъул субмарина. Америкаялъул рагъулаб флоталъул хъулухъчагIаз абулеб буго, гьеб гама гIанкъун батизе бегьулин.

I2 марталда CNN телекомпаниялъ лъазабуна, Шималияб Кореялъул бухьеналъул системаялъул мониторинг гьабулеб Цолъарал Штатазул хасал хъулухъаз рукIкIунеб бугин, гьеб субмарина къосун бугин ва жиндирго курсалдаса хьибилалде ун бугин.

«Цолъарал Штатазул ралъдал рагъулаб флоталъул харбал» абураб сайталъ лъазабулеб буго, Америкаялъул экспертазда гьанжеги бажарун гьечIин гьеб субмаринаялъул тайпа чIезабизейин.

Гьединал лъазабиязул фоналда регионалда тIоритIулел руго Цолъарал Штатазулги Жанубияб Кореялъулги рагъул къуватазул цадахъал ругьунлъиял.

Пхеньяналъ какана гьел тадбирал, гьел кколин ядерияб рагъалъул рахъалде галийинги абун ва хIинкъиял кьуна жидеца рекъараб жаваб кьезе бугинги абун.

XS
SM
MD
LG