МагъчIваялъе рес

ПАРНАСалъул лидерасе гражданалгун дандчIвазе ресал къотIизарун руго Казаналда


ПАРНАС абураб оппозицияб партиялъул лидер Михаил Касьяновас лъазабуна, арбагI къоялда Казаналда тIобитIизе кколеб букIараб шагьаралъул жамгIияталъулгун данделъиялъе квал-квал гьабиялъул хIакъалъулъ.

«Фейсбукалда» гьес тараб хъвай-хъвагIаялда абулеб буго, шамат къоялда гьеб данделъи тIобитIизе кколеб букIараб «Мираж» петералъул нухмалъиялъ хвезабунин къотIи-къайин, баянго бихьулеб бугин Россиялъул тIалъиялъ гьукъун букIин жидеего альтенативалъун кколеб ПАРНАСалъул граждазулгун битIахъеб гара-чIварийин.

XS
SM
MD
LG