МагъчIваялъе рес

Ясазул мадраса къазехъин буго Кироваулалда


Дагъистаналъул прокуратураялда чанго гIунгутIи батун буго Гъизилюрт мухъалъул Кироваул росулъ букIараб руччабазул мадрасаялъул хIалтIуда жаниб. Гьелда бан гьеб цIалул идараялъул хIалтIи заманаялъ чIезе тун буго. Мадрасаялъул нухмалъулев рази гьечIо прокуратураялъ гIунтIизарулел гIайибазда.

Прокуратураялъ абулеб буго гьеб мадрасаялъул гьечIин цIалул программа билълъанхъизабизе хIажалъулеб лицензияги, гьединго экстремисталъулаб магIнаялъул хъвай-хъвагIай бугеб литератураги батанин жидеда гьеб цIалул идараялда. Гьеб мадраса хIалтIулеб бугелда исана балеб буго ункъо сон.

«Эркенлъи» радиоялъ бухьен гьабуна гьеб мадрасаялъул нухмалъулев МухIамадов Давудилгун. Гьес тасдикъ гьабуна прокуратураялъ кьураб баян, амма мадраса тIубанго къазе ккани диваналъул хIукму къваригIунин, жги гьединаб хIукму къотIун гьечIилан абулеб буго МухIамадов Давудица. Прокуратураялъ гьеб мадрасаялда халгьаби тIобитIун буго араб соналъул декабралда. ЦохIо прокуратура гуребги гьединго цIех-рехалъул комитеталъул ва хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул хIалтIухъабиги, низам цIунулеб идараги, гьенире камурал чагIи рачIун рукIинчIин. Гьез щибаб рокъор рачIун гIадамазда гьоркьоб цIех-рех тIобитIун, мажгиталъуб чIухь бан кIудияб базар хIан букIанин гьел къоязилан абуна мадрасаялъул нухмалъулес.

Лицензия мадрасаялъул хIакъикъаталдаги гьечIин, амма жидее гьелъул хIажалъи букIинчIелъулилан абулеб буго МухIамадов Давудица.

МухIамадов Давуд: «Лицензия къваригIуна цIалул идара лъугIун хадуб гьелъ кинаб бугониги документ кьолеб бугони. Нижеца гьединаб документ, я диплом кьоларо. Гьаб мадраса буго мажгиталда цебе мактаб хIисабалда рагьараб бакI. Ясазда Къуръан цIализе, как базе, исламалъ чIужугIадамалда тIадаллъун гьарунщинал жал малъула нижер гьаниб. Гьединго гьанир кьола рукъариялъул, богогьанлъиялъул дарсалги.

ЭР: «РухIияб идараялъулгун дандгибан рагьараб мадрасайищ гьеб букIараб?».

МухIамадов Давуд: «БукIинчIо. Гьеб букIана росдал гIадамазеги бокьун рагьараб бакI. Хадуб мадраса кIодолъизе лъугьиндал, лъабго тIалаялъул минаги гьелъул лъугьиндал, гIадамазе бокьуна рухIияб идараялъулги гьелдехун бербалагьи букIине. Нахъа цебе бокьараб ккезе бегьулелъул, идараялъул рахъалдаса документ букIине кколин абулеб букIана гьез. Гьединаб хIукмуялдалъун ахIун рукIана нижеца гьанире араб соналъ МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталъул имам МухIамадрасул-хIажи СагIадуевги, муфтий хисулев Магьди-хIажи ГIабидовги. РачIун рукIана гьел гьанире, мадрасаялда гьабулеб хIалтIиги рекIее гIуна гьезие».

Гьеб мадрасаялда цIалулев рагIула 74 гIанасей чIужугIадан. Кироваулалдаса гурейги аскIор ругел росабалъа, Хасавюрт, ЦIумада мухъалдасаги рукIанин гьенире цIализе рачIунел руччабиян бицана Давуд МухIамадовас

Мадрасаялда экстремистияб литература батанин бураб жоялда тIасанги баян кьолаго гьес абуна цебеккунги гIемераб бахIс жинда тIасан ккараб «Крепость Мусальманина» абураб тIехь сабаблъун гьабунин прокуратураялъ жиндехун гьединаб дагIба.

МухIамадов Давуд: «Гьеб тIехь гьукъараблъун рагIулаха нилъер аниб. Регулеб ва рахъунеб мехалъ бусурманчияс гьабулеб дугIаялъул хъван бугоха гьениб. Дица прокуратураялъул хIалтIухъанасда бихьизабуна гьеб, щибин гьаниб бегьулареб жо хъван бугебилан. Гьеб тIехь гьукъараб бугилан гьевги чIана жиндирабго ккун. КIиго гьединаб тIехь букIана мадрасаялда гьез дагIба балеб».

Гьединаб дагIба-рагIиги ккун прокуратураялъ заманаялъ чIезабун буго Кироваул росулъ бугеб руччабазул мадрасаялъул хIалтIи. Биччазе бугищ гьеб цIидасан хIалтIизе абураб суалги рагьараблъун хутIулеб буго.

XS
SM
MD
LG