МагъчIваялъе рес

ТIадеги кIиго цIияб баллистияб ракетаялъул хIалбихьи гьабуна Ираналъ


АрбагI къоялда Ираналъ гьабуна тIадеги кIиго цIияб баллистияб ракетаялъул хIалбихьи. Улкаялъул шималияб рахъалда риччарал гьел щун руго жанубияб рахъалда лъун рукIарал гIужазда.

Талат къоялда Тегераналъ риччарал баллистиял ракетабаз бижинабуна Цолъарал Штатазул хъачIаб критика. Америкаялъул Вакильзабазул палатаялъул спикер Пол Райаница лъазабуна, конгрессалъ тIалаб гьабизе бугин Ираналде данде цIиял санкцияби гьарийин.

XS
SM
MD
LG