МагъчIваялъе рес

Евроцолъиялъ халат рахъинаруна Россиялде данде лъазарун рукIарал санкцияби


9 марталда Евроцолъиялъул улкабазул вакилзабаз халат рахъинаруна Крымалъул аннексия гьабиялда хурхун лъазарун рукIарал санкцияби. Гьелда рекъон, I46 гражданасул ва 37 гIуцIиялъул активазул хьвади чIезабулеб буго ва инкар гьабулеб буго визаби кьезе.

Анлъго моцIалъе халат бахъинабураб санкциялъул сияхIалда вуго, мисалалъе, Россиялъул вице-премьер Дмитрий Рогозин, президентасул кумкекчи Сергей Глазьев ва Дмитрий Киселев. Ахирисев рикIкIуна Кремалъул аслив пропагандистлъун.

Гьеб хIукму рухIалде бачIунеб буго гьаб анкьалъул ахиралда.

2 марталда Цолъарал Штатазги лъазабун букIана, гьединалго санкцияби халат рахъинариялъул хIакъалъулъ. Гьел хурхарал руго аслияб къагIидаялда энергетикаялъулги банказулги сферабазда.

XS
SM
MD
LG