МагъчIваялъе рес

Ираналъ хIалбихьи гьабуна цIиял баллистиял ракетабазул


Вашингтоналъул тIадецуялде балагьичIого, Ираналъ хIалбихьи гьабуна жидерго баллистиял ракетабазул. Гьел риччан руго улкаялъул чанго бакIалдаса ракьалда гъоркь ругел базабаздаса.

Рагъул къуватазул официалияб лъазабиялда абулеб буго, гьел хIалбихьиязул мурад кколин улкаялъул бокьараб хIинкъиялдаса жибго цIуниялъул ресал рукIин бихьизабийин.

Январалда Цолъарал Штатаз цIиял санкцияби лъазарун рукIана Ираналъул хасал компаниязеги ратIа чIарал бизнесменазеги. Гьелъие жаваб хIисбалда Тегераналъ 20I5 соналъул хаслихълъиялда хIалбихьун букIана цогидал баллистиял ракетабазул.

Ираналъ лъазабулеб буго гьел ракетабазул жидер ядерияб программаялде кинаб гIаги хурхен гьечIин.

XS
SM
MD
LG