МагъчIваялъе рес

Москваялда ккуна Н. Савченкол рахъ ккураб акциялъул гIахьалчагIи


Москваялъул метроялъул «Маяковская» станциялда аскIоб Надежда Савченкол рахъ ккун акция тIобитIулеб мехалда полициялъ ккун вуго 35 гIанав чи. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго «ОВД-Инфо» абураб агентлъиялъ.

Журналист Анастасия Зотовалъ Твиттералда хъвалеб буго, ккуразул аслияб къадар руччаби кколин, гьел ккунин Савченкол рахъ ккун цоцал кверал ккун хадурин.

7 марталда ккун вукIана Лубянкаялда бугеб ФСБялъул минаялда цебе «Надя живи!» абун хъвараб плакат ва Украиналъул байрахъ ккун акция тIобитIулев чанго активист.

XS
SM
MD
LG