МагъчIваялъе рес

Грозныялда нахъе бахъун буго Къадыровасул рахъ ккуразул демонстрация


Чачан республикаялъул тIадтараз нахъе бахъана 6 марталда Грозныялда гьеб субъекталъул бетIер Къадыров Рамзание хIалае букIине кколеб митинг. Байбихьуда киналго студентазда ва лъайкьеялъул системаялъул хIалтIухъабазда тIад къан букIана митингалъе баннерал, Къадыровасул суратал ва игIланал хIадур гьаризе.

Гьалкъояз Рамзан Къадыровас абуна, жив хIадурав вугин жиндирго хъулухъ тезе. Хадуб «Рамзан, нахъе унге», - ян цIаралда гъоркь бакI-бакIалда демонстрациял тIоритIана.

XS
SM
MD
LG