МагъчIваялъе рес

МахIмуд ва гьесул заман


Аваразул шигIру-кечI битIун ХъахIабросулъа МахIмудил "ханлъиялда" гъоркь букIана

МахIмуд ва гьесул заман
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:20 0:00
Интернет-мухъ

Бащдаб гIасруялъ халат бахъараб Кавказалъул рагъул кьогIлъиги, Кавказалдаса капурлъи бергьинги кочIолъги магIабалъги ахIун букIана.

"Гьанже гIоде, гIолилал, гIодор бутIрулги кьабгIун, гIешдерил Щулалъул гохI щвана капурзабахъе..." - ян хъвана жиндир заманалъул машгьурав рагIул устар Хьаргабиса Бегилас. Амма ХIХ абилеб гIасруялъул ахиралде гIаламалъе бокьун букIана кIочене рагъги, кьалги. Гьелдаса свакан рукIараб гIадаб жо.

Дида цо магIарулас абулебцин рагIана, кигIан кIудияв лоти ва тIадагьав чи вукIарав гьев ХъахIабросулъа МахIмуд вукIарав, щибаб къоялъ гIадин берда цере бугеб гьадав АхIулгохIил къиса къалмиде босичIев. Жеги гьеб рагъ кIоченчIел, гьелъул бихьарал гIадамал цадахъ рукIана досдаян. Дир хIисабалда халкъалъе хIажат букIинчIо гьединаб кечI.

Свакан рукIана рагъаздасаги, камияздасаги тIурал бияздасаги. ТIаде жоялъе магIарурал гIуруслъизарулеб империялъул экспасияги букIана гIасруялъул ахиралде. Гьелъул рахъалъ ХХI абилеб гIасруялъул байбихьуда цогидав радикалияв шагIир ГIадаллоца МахIмудие ва доб заманалъе бадибчIвай гIадин хъвана:

Рокьи гьоркьоб гьечIеб кьалул хабаралъ,

Кеп кьолареб шагIир щобде вахана.

Нужер гIид батани дир бертинилан,

Бейтал хъван ахIана хъахIбалъиялде - ян. ХIасил калам ХХ гIасруялда повесткаялде бачIана рокьул кечI. Кинабго Аваристан асир гьабуна МахIмудил рокьул кучIдуца.

МагIарулазул кечI халкъалъухъе щвана ахIун абулелъул. Амма живго МахIмуд гIемер ахIизе лъикIав вукIинчIин абула. АхIулеб букIун буго гIемерго борхатаб гуреб гьаркьица.

РагIи-рагIи ккун кьолеб букIун буго. МахIмуд машгьурлъун вуго чияца, жиндсаго ахIизе кIудияб махщел, гьаракь-бакъан бугел кочIохъабаца ахIун.

Хасго лъикI МахIмуд ахIулев кочIохъан вукIанин абула Игьалиса ГIарашил ГIумар абурав кочIохъан. Игьелдерил молода МахIмуд гIодов ккарабго лъаларо, Магьдилас лъукъарав гьев ХъахIабросулъе восулеб мехалда лъаларо, ГIарашил гIумарица абунила гьал рагIаби:

"Меседил гIадалнах, гарцул гвангвара

ГIадада хвелилан хиял букIинчIо" - ян абула.

Цогидаз гьел живго МахIмудил ругин чIезабула. ХIасил калам магIарул шигIрияб адабияталда ХъахIабросулъа МахIмудица лъуна щулияб, биххи гьечIеб кьучI ва гьеб нухдаса ине байбихьана цIиял гьунараз.

Эльдарилавгун ГIанхил Марин МахIмуд кIудияв гIелелде хвана, ана. Гвангъараб ва къокъаб букIана гьезул гIумруги, шигIрияб гьунарги. МахIмудил заманалъул шагIирзабазулъ цIар арав, кутакалда пасихIав чи вукIана ТIелекьа Этил ГIали.

Гьесул вачIин МахIмудилгун ЧIанкIал нухдасан букIана. Цоял кучIдулъ гьев ЧIанкIагун, цогидалъув МахIмудгун къосизе бегьула кочIол ритм, сипатал, пикру загьир гьабулеб къагIидаялъухъ балагьун. Данде ккве машгьураб ЧIанкIал "Лъукъараб ритIучI" абураб кечIги, Этил ГIалил "Гьолокье сапарги". Цого чияс хъварабин ккола. ЧIанкIал кочIолъ рекIел асарагун сипатал:

Лъаралъ кьалбал ругеб гъветI,

Кар биччан зодой уна.

Зигардизе къасд буго

Къадар дургун хъвазегIан... - руго. Гьебго лугъаталда, ритмалда, рагIи абулеб къагIидаялда хъвалеб буго Этил ГIалица Гьолокь берталъ йихьай гьудулалъул сипатал гьарун:

Къуръаналъул хатI гIадал

Халатал кьунсрул руго.

Харде ритIучIил гIадал,

ЧIурканал лугбал руго..."- ян. ХIасил калам, ЧIанкIал нухдаса МахIмуд вачIана. МахIмудица гIезабуна тIабараб гIел цIиял шагIирзабазул. "ГIезабуна" абураб рагIул магIна ккола гьесул нухдаса рачIанин хадусел абураб.

Этил ГIали букIана хIикматаб гьунар ракIалда рагIи чIезе. Бицуна, цо нухалда МахIмудица ахIараб халатаб кечI ахIун бахъарабго ГIалица рагIи-рагIи ккун такрар гьабунин.

Гьаб хIалалъ азул шигIрабаз босун Дагъистан бугеб мехалда Хунзахъ тIалъиялда машгьурлъана цIияв чи. ТIубанго аздаса батIияб мацI бицунев. Гьеб рагIарав МахIмуд цо цIад балеб хаслихълъиялъул къоялъ ана гьев вихьизе ЦIада росулъ щвезе. Гьелъул бицине буго иргадулаб макъаялда. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG