МагъчIваялъе рес

Буйнахъскалъул мажлисалъул депутатал рухун руго


Рузман къоялъул бакъанида Буйнахъскалъул мажлисалъул депутатал Аташев Шамильги Жанхаев Маратги рухун ругин лъазабуна гьеб шагьаралъул депутатазул мажлисалъул бетIер Темирханов Темирланица.

Буйнахъскалъул мажлисалъул депутатал рухун руго
please wait

No media source currently available

0:00 0:05:53 0:00
Интернет-мухъ

Гьезул рагIабазда рекъон депутатал кьабун руго Буйнахъскалъул мэрлъун вукIарав ХIамзатов ХIусенил гIадамаз. Гьел депутатазул цояв Жанхаев Маратица «Эркенлъи» радиоялъе бицана жиндирго къваригIелалъ шагьаралъул администрациялде щун вукIарав жиндиде тIаделъанила чанго чийилан.

Дагьалдасан гьезул ичIго чи вукIанила, гьезда гьоркьоса ХIамзатовасул гIагарлъиялъул ва гьесул сверухълъиялъул чанго чи жиндида лъаниланги. Маратил рагIабазда рекъон гьеб тунка-гIусиялъул хIасилалда гьесул гIадалнахалъе зарал ккун буго (сотрясение мозга).

Жанхаев Марат: «Дун дирго гьудул Аташев Шамильгун цадахъ шагьаралъул администрациялъул кIалтIа вахъун чIун вукIана. Гьеб мехалда кIиго автомобилалда рекIун цо чагIи рачIана гьенире. Рекерун диде аскIореги рачIун дун кьабизе лъугьана гьел. Лъицаниги щибниги бичIчIизеги гьабичIо.

Гьезул цояс кьабураб жоялъ дун нахъегIан реххун ана, хадур хутIаралги тIаделъана дитIе. Ниж ратIа гьаризе гьоркьове лъугьарав Аташев Шамиль кьабизе лъугьана гьел хадур. ГIодовги тIамун дун малаца гьавуна гьез. Хъубал жал ахIун, жидеца бихьилин дуе гьабулеб жойин абун хIинкъаби кьолел рукIана гьез дие.

Гьезул щугояв гурони лъачIо дида, цойгидалги щалали лъазабизе захIмалъиларо, гьеб кинабго лъугьа-бахъунеб видеокамераялде бахъун буго. Гьелда тIадеги гьел дитIе тIадекIанцIаразул кIигоясдасан гIаракъидул махIги чIвана дида, гьел мехтун рукIанин ккола. Нижехъ кодоб кинаб букIаниги ярагъги букIинчIо, гьезул цоявин абун нусги бахъун, нижеда цебе гьеб хьвагIезабизе лъугьана».

Гьеб рагъ-кьал бихьун шагьаралъул администрациялъул мина цIунулев вас векерун вачIун вуго къватIиве. Гьес чанцIулго эхедеги кьвагьун рикьа-риххизарун руго гьел.

Гьедин гуронани нусги бахъун жал лъукъ-лъукъизе бегьулаанин гьел тIадекIанцIаразилан хъвале буго Маратица Буйнахъскалъул жанисел ишазул бутIаялде битIараб гIарзаялдаги. Гьес лъазабулеб буго жиндир бетIер бекун бугин гьел тIадекIанцIараз кьабараб жоялъин, Аташев Шамилил бер хвезабун бугин цIакъилан.

Гьесие операциягицин хIажалъизе бегьулин абулеб бугила тохтурзабазилан. Хасаб медиицинаялъулаб экспертиза гьабулеб бугила жидеца, гьелъ бихьизабилила гьеб рагъ-кьалалъе гIоло жидее ккараб заралилан абулеб буго Жанхаев Маратица. Гьеб экспертизаялъул хIасилал жеги лъалел гьечIо.

ХIамзатов ХIусенил рахъалда ругез абулеб буго депутатазе гьеб рагъ-кьал сиясатияб ишлъун бихьизабизе къваригIун бугилан.

Сиясаталда бараб жо гьениб щибниги букIинчIила, гьелъие гIиллалъун кканила гьел Жанхаевасул ва Аташевасул гьудуласул нахъегIанаб хьвада-чIвадийилан бицана «Эркенлъи» радиоялъулгун букIараб гара-чIвариялда Буйнахъскалъул администрациялъул бетIерлъун вукIарав, ХIамзатов ХIусенил цевесев чи Валиев Зайирбегица.

Гъоркьисала сентябралда «Единая Россия» партиялъул рахъалдасан Буйнахъскалъул мажлисалъул депутатлъунги вахъана гьев.

Валиев Зайирбег:«ГIабдулмажидов ГIабдулхIакимилан абурав чиясе гIоло ккана гьеб кинабго тунка-гIуси. Гьев вуго Жанхаев Маратил гьудулги. Гьев я депутат гуро, я администрациялъул хIалтIухъан гуро, амма гьениса гIебеде женжелев вукIуна гьев кидаго. МагIна гьечIев, хьвада-чIвадизе лъаларев чиги вуго гьев.

Рузман къоялъ жиндирго къваригIелалъ гьеб администрациялда йикIарай Буйнахъскалъул цо лъималазул ахалъул нухмалъулелдехун адаб тун кIалъазе лъугьун вуго гьев. Болъодуса гъоркье ячIине йикIарай гьелде ахIдон вуго гьев мун жинда щай кIалъачIейин, дуда жив лъаларев чийищин вугев, жиндие ворчIами кьезе кколеб букIанин дуцайин абун.

ГIинги тIамичIого ине йикIарай гьелда хадувги вачIун бадир килщал тенкезарун, хъачIал жал абун гьелъие рекIелбакъвай гьабун буго гьес. Дун дуда кIалъазе мун щивин, бокьани гурони кIалъаларин нахъе вилълъун вукIайин, мун гьедин кIалъазе дуе лъицайин ихтияр кьун бугебин абун буго гьей ясалъ.

Гьей йиго саламатай гIадан, лъабго лъимадул эбел Гьедин администрациялдаса къватIиеги ячIун жиндирго автомобилалъуй рекIине ине йикIарай гьелда хадувги вачIун гьелъул нуцIа къазе толеб букIун гьечIо гьес. Жиндица мун гьаб сагIат кьабараб жоялъ ккезаюлин абун ахIделев вукIун вуго.

Гьеб бихьарав администрациялда хIалтIулев ХIамзатов ХIусенил гIагарав васас гьев ГIабдулхIакимида абун буго гьей яс жийго тейилан. КIолеб батани тезаейин абун кIал гьикъун буго гьес. Гьелдаса хадуб гьел кIиялго цадахъ цо рахъалдеги ун цо-кIиго жо цоцадаги бахинабун, рекъелги гьабун ратIалъун руго. ГIабдулхIакимица жив мекъи вукIанин тIаса лъугьайиланги абун буго гьесда.

Гьелдаса хадуб ХIамзатовасул гIагарав васасул чагIазде хабар щвезабун буго депутатаз гьев кьабун вугин абун. Гьесие хIалае рахъун майданалде щварал гьезда гьенир ратун руго Аташевги Жанхаевги. Гьел депутатал кIалал гьикъун хъачIго кIалъан руго гьезда.

Цоцалъ хурхун цоцада кIиго-лъабго жо щвезаби гурони рагъиго букIинчIо гьениб. Маратица гьанже гьелъул кутакаб ахIи-хIур гьабулеб буго».

Гьединго Валиевас абуна гьел ХIамзатовасул рахъалда ругезухъ нусал рукIанин гьез гьел къватIире рахъун депутатазде тIаделъун рукIанин аби гьеб гьереси бугилан.

ЦохIонигиязухъ гьезул нусги букIинчIила, нусал рахъун рукIарал ратани цониги гьеб чIвараб бакI щайилаха гьел депутатазда гьечIебилан. Гьединго Валиевас абуна гьеб тунка-гIуси къватIибе бахъизе нечараб иш букIанила, жидеца гьеб берцинго лъугIизе тейилан абулеб букIанила депутатаздайилан.

Гьезие гьеб дандеккечIила, гьез гIарзал хъван ругелъул гьезда тIасан гьанже жидецаги хъвазе ругин гьелго гIарзалилан. Шамат къоялъ гьениб ккараб –таралда тIасан баян кьезе полициялде ахIун рукIун руго гьеб рагъ-кьалалъул гIахьалчагIи. Депутатаз гьеб лъугьа-бахъиналда хухун такъсиргьабиялъул иш рагьейилан тIалаб гьабулеб букIаниги, жеги гьебги рагьун гьечIо.

XS
SM
MD
LG