МагъчIваялъе рес

МахIачхъалаялъул квартираби реццулел Сталинги Ленинги


"Халкъалъе - рукъзал" абулеб дагIбадул баннер.
"Халкъалъе - рукъзал" абулеб дагIбадул баннер.

Монополиялда дандечIараб хъулухъалъул Дагъистаналда бугеб бутIаялъ халкъалда гьоркьоб цIех-рех тIобитIулеб буго Сталинилги Ленинилги цIар рекламаялда хIалтIизабизе бегьулищ бегьуларищ абураб суалалда тIасан. Гьелъие гIиллалъун ккана Дагъистаналдаса Коммунист партиялъул депутатаз гьезухъе бачIараб кагъат.

please wait

No media source currently available

0:00 0:04:26 0:00
Интернет-мухъ

Дагъистаналдаса коммунистаз гьединаб кагъат хъваялъе гIиллалъун ккана МахIачхъалаялда бугеб минаби ралеб «Ак-Гель» абураб компаниялъ хIалтIизабураб реклама. Квартирабазул багьаялде гIадамаз кIвар кьезе гьез рекламаялъул хъорщода рахъун руго Сталинилги Ленинилги суратал.

Амма гьеб рекIее гIун гьечIо Дагъистаналъул коммунистазе. Тарихалда лъалкI тарал гьединал чагIазул цIар лъиялиго хайир щвезелъун рекламаялъе хIалтIизабизе бегьуларин хъван буго гьез Монополиялде дандечIараб хъулухъалде битIараб кагътида.

Гьанже гьезги, Сталинилги Ленинилги цIар рекламаялъе хIалтIизабизе бегьулищ абураб суалгун, жидерго сайталда цIех-рех тIобитIулеб буго гIадамазда гьоркьоб,

Гьебго суалалда тIасан «Эркенлъи» радиоялъулги хIукму ккана гIадамазда гьорьоб гьикъа-бакъи гьабизе. ГIагарде къанги бегьуларилан рикIкIунеб буго Шамил мухъалда бугеб Коммунист партиялъул жавабияв хIалтIухъан МухIамадов Нажмудиница.

Нажмудин МухIамадов: «Гьеб дандекколареб иш буго тIубанго. Сталинилги Ленинилги сураталги чIван гьабулеб жойищ реклама букIунеб? Гьеб ккола гьезда тIад релъанхъараб, гьел хIакъир гьарураб жо. Шамат къоялъ шагьаралде щведал гьелда тIасан нижерго партиялъул рескомалда цевевахъине ракIалда букIана дида.

Диваналде кьунги гьедин тезе бегьуларо гьеб иш. Хъатамасан гьезул сураталги нахъе рахъун реклама тIагIинабизе кколин рикIкIуна дица».

ГIадамазе хайир шолеб бугони гьедаса, бегьунгутIи гьечIин гьезул цIар рекламаялъе хIалтIизабизе, амма гьаниб реклама гьабулел чагIазул мурад батIияб букIин бихьулеб бугилан абулеб буго МахIачхъалаялдаса Шагьидов Шамилица.

Шагьидов Шамил: «Дун коммунистазул заманаялда вукIарав чиги гуро, лъикIалиш квешалиш абун гьезие къимат кьун бажарулев чиги гуро. Амма бусурманчи хIисабалда дица абила, мисалалъе, Шамил имамасул цIарги рехсон гьабулеб реклама бугони, гьелъул киназего пайдаги бугони гьеб бегьулин рикIкIуна дица.

Гьединго тIубараб халкъалъе пайда бугони гьеб Сталинги, Ленининги вахъараб рекламаялъул, щай бегьулареб гьеб лъезе? Амма гьаниб бихьулеб бугоха цохIо ралел бакIазе букIин гьелъул хайир, гьелда разилъизе кIоларо».

Чиясул намусалда хъинтIулеб жо гьениб гьечIони щибниги бегьунгутIи гьечIин Сталинилги Ленинилги цIар рекламаялда хIалтIизабиялъулин рикIкIунеб буго МахIачхъалаялда рекламаялъул агентствоялда хIалтIулев вугев Бадрудинов Мурадица. БатIияб жо букIанин гьеб къануналъ гьукъун букIарабани, амма гьединаб къанун бахъун гьечIин жеги.

Мурад Бадрудинов: «Чарли Чаплин тIад вахъараб рекламаги бихьана дида шагьаралда чанцIулго. Дицайин абуни Сталинилги Ленинилалдасаги цIикIкIун хIурмат гьабула гьесул. Гьездаса квешаб жо щиб гьесул бугеб, рачIаха гьевги рекламаялда тIад вахъугеян лъугьине. Щибниги бегьулареб жо дида гьениб бихьулеб гьечIо Сталинилиги Ленинилги сурат рекламаялда тIад бахъиялъул.

БатIияб суал буго гьениб гьезул моралияб рахъалда хъинтIулел ругони. Рекламаялъе аслияб жо щиб кколеб? ЦIикIкIун гIадамаз гьелде кIвар буссинаби, хIасил ккей.

Гьел сабаблъун гIадамазул гъира кколеб бугони гьеб рекламаялъухъ балагьизе, щай бегьулареб? Нагагь диваналде гьеб команияги кьун ахIи-хIур гьабизе гьел депутатал лъугьани, тIадеги цIикIкIун реклама щвелаха гьел минаби ралеб компаниялъе.

Тарихаллда машгьурал гIадамал рекламалъе хIалтIизабизе бегьуларин абураб къанунги дида жеги рагIичIо. Гьединлъилал цо чIванкъотIараб рахъ гьечIо гьеб суалалда жаниб».

Нижеца гьединго бухьен гьабуна гьеб реклама хIалтIизабураб минаби ралеб Ак-Гель абураб компаниялъулгунги. Гьеб рекламаялда хурхараб жо жидер гьечIин, гьеб букIанин рекламаялъул коммпаниялъ жидецаго ургъараб къагIида.

Коммунист партиялъул депутатаз ахIи-хIур бахъинабун бугеблъи гьездаги лъалеб бугин, гьединлъидал Сталинги Ленинги тIад вахъараб реклама кIиабилеб марталдаса байбихьун тIокIаб бихьизабизе гьечIилан абулеб буго минаби ралеб компаниялъ.

XS
SM
MD
LG