МагъчIваялъе рес

Януковичасде данде санкциял хIалтIизе байбихьана


Виктор Янукович.
Виктор Янукович.

Украиналъул вукIарав президент Виктор Януковичасде ва гьесул чукъаялде данде лъазарурал санкциял щуабилеб марталдаса байбихьун хIалтIизаризе хIукму гьабуна Евроцолъиялъ Брюсселалда рузман къоялъ тIобитIараб данделъиялда.

Януковичасул ва гьесул гор-свериялъул 15 пачалихъиял хъулукхъчагIазул банкалда ругел активал цIорозарун руго. Гьел ккола премьер-министрасул хъулухъалда рукIарал Николай Азаровги Сергей Арбузовги, Януковичасул администрациялъул бетIерлъун вукIарав Андрей Клюев ва цогидал.

Гьезде гIунтIизабураб гIайиб – пачалихъалъул гIарац бикъи. Сахлъи цIуниялъул министрлъун йикIарай Раиса Богатыревалъул цIар санкционияб сияхIалдаса нахъе цIан буго. Абулеб буго гьелъ бикъараб гIарац нахъе кьун бугин.

XS
SM
MD
LG