МагъчIваялъе рес

Темир-хан Шураялда нахъойги тунка-гIуси


Шагьаралъул депутатал
Шагьаралъул депутатал

Лъалеб букIахъе Буйнакск шагьар нахъойги лъугьана информациялъул алатазе иргадулал макъалабазе, передачабазе ва бахIсазе багьаналъун. Гьаб нухалда машгьурал власталда данде ун бергьарал депутатал рухун рагIула гьенир.

Темихан шураялда нахъойги тунка-гIуси
please wait

No media source currently available

0:00 0:04:01 0:00
Интернет-мухъ

Шагьарлъул мэрасул тахбакIида сверухъ къеркьей лъагIелгIан заманаялъ халат бахъулеб буго. "Черновик" газеталда кьурал баяназда рекъон оппозицияялда ругел депутатал рухун руго жакъасев мэр ХIусен ХIамзатовасул чагIаца.

Официалияб мэриялъ кьураб баяналда абулеб буго депутатал рухиялда нахъа политика гьечIин, гьеб гIадатияб тунка-гIуси бугин. ГIажаибаб хитIаб гьечIищ? Нух ккун унел чагIазда вихьула кIигояв, аскIореги рачIун рухизе байбихьула, гьадинго, гIиллаго гьечIого. Гьелда хадуб политикаги рагIуларо.

Щибха бицунеб бугеб нилъее гьаб ахIвал-хIалалъ? Гьалъ бицунеб буго жакъасеб Россиялда жеги камилал рищиязул институталги, гражданазул ихтияралги, хIинкъигьечIолъи цIуни ва закон хIалтIиги цIакъго гIодобегIанаб даражаялда букIиналъул.

Цо-цо мехалда хIалтIизего хIалтIулеб гьечIин закон абун. Лъалеб букIахъе жакъасеб конституциялда рекъон рищиял тIоритIизе бегьулеб рагIула тIолгохалкъалъул балъгояб гьаркьидалъунги, бакIалъул округаздаса депутатал рихьизарун гьезги.

Дагъистаналда республикаялъул бетIерасдаса бахъараб щибаб колохъ щун гьел рищиял абурал жалазе ахир лъунин абизе бегьула. Республикаялъул бетIер Кремлиялъ вихьизавун парламенталъ тасдикъ гьавула. Шагьаразул ва районазул бутIрул бакIалъул депутатаз рищула, амма гьезда гъорлъа цониги ватиларо республикаялъул бетIерас изну кьун гурони тасдикъ гьавурав бетIер.

Живго ГIабдулатIиповасги бахчулеб гьечIо гьеб. "Дица хисана 85 муниципалитеталъул бетIер" - ин гьес абулеб буго конституциялда рекъон гьел рищизе рихьизарун ругониги. ГIабдулатIипов вуго рагьарав чи, гьесда бихьулеб буго кинабгIаги хIажалъи гьечIеблъи "бутIрул халкъалъ" рищулел руго абун гIадамал гуккиялъе.

Гьеле гьеб ахIвал-хIалалда цохIо республикаяъул тIалъиялъул хъаравуллъудасаги рорчIун рищиязда бергьана жакъасев Буйнакскиялъул мэр ХIусен ХIамзатовасда данде чIараб депутатазул къокъа. Республикаялъул тIалъиялъ гьеб цIакъго захIматго къабул гьабуна.

Бергьараздаги баркун гьез вищарав мэр виччазе кколеб бакIалда байбихьана тIокIалъ чIечIого бакIалъул депутатаз къабул гьаруларел кандидатал ругIизе доре хъахIаб рокъоса. Амма гьезул цонигияв депутатаца къабул гьавичIо. Къабул гьавичIеб мехалда ХъахIаб рукъалъ мэрасул хъулухъалда заманаялъ тун вуго гъоркь вукIарав ХIамзатов.

Кинабха бугеб нух гьаб ахIвал-хIалалдаса рорчIизе? Жакъа бугеб рищиязул законалда рекъон гьениб лъугьунеб буго прававая коллизия гIадаб жо. ХъахIаб рукъалъ вихьизавурав депутатаца тасдикъ гьавулев гьечIо, депутатазе вокьарав хIукуматалъул хасаб комиссиялъ цевехун виччалев гьечIо.

Гьаб ахIвал-хIал сунца лъугьинабураб? РукIине кколеб хIалалъ демократиялъул институтал - рищиял ва власталда хадуб хъаравуллъи кквей гIадал жал хIалтIунгутIиялъ. 1990 абилел соназда байбихьараб тIолго халкъалъ нухмалъи бищулеб къагIида хвезабичIого тун букIарабани, жакъаялде гIадамазда лъалаан щив вищизе кколев нухмалъудеяли.

РукIинаан гIарцул къандалъаби, гьаркьал ричун роси, хIармал ва хIиллаял, амма чанго нухалъ рищун хадуб рукIалиде рачIунаан рищиялги халкъги. Халкъалъул бичIчIиялъ, гражданазул жамгIияталъ тIалаб гьабулаан мустахIикъаб нухмалъи. Дагъистаниял гIалхулаб халкъ гурелъул жидеего цевехъан вищизе лъангутIизе.

ГIалхулазде нилъ сверизаруна байбихьи гьабураб демократияб нухги тун тIад руссун социализм гьабизеян лъугьарабго. Гьелъул дандерижи буго жакъа Буйнакскиялда лъугьун бугебги.

Нахъе ккараб социализмги, гIалхулаб капитализмги цолъараб мехалда лъугьуна унеб нух лъалареб, щвараб бакI лъалареб жакъа гIадаб ахIвал-хIал. Пайда щиб, я гъоркьан роцIцIунел гьечIо, я тIасан тIокIкIунеб гьечIо, амбициязул къурбанлъун лъугьун буго Дагъистаналъул тIоцебесеб тахшагьарги, халкъги. Хабар лъикIаб рагIайги.

XS
SM
MD
LG