МагъчIваялъе рес

Ветеран рукъ гьечIого тезехъин вуго Дербенталъул тIадчагIаз


КъурбанмухIамадовасул рукъ.
КъурбанмухIамадовасул рукъ.

Дербенталдаса 80 соналъул ригьалде вахарав ЗахIматалъул ветеран рукъ гьечIого хутIизехъен вуго шагьаралъул администрациялъул хIакимчияс гьесул минаялда бер лъун букIиналъ.

Ветеран рукъ гьечIогон тезехъин вуго Дербенталъул тIадчагIаз
please wait

No media source currently available

0:00 0:03:58 0:00
Интернет-мухъ

Аллагьас кьурал къоял лъугIизегIан хIалхьиялда гIумру гьабизе тейин живги хъизамгийин гьарулеб буго гьес.

Каспий ралъдал рагIалда бугеб Восточная къватI дагьаб цебесеб заманалдаса бахъун рес бугел гIадамаз бер лъураб къватIлъун лъугьун буго Дербенталда. Амма эркенаб, бетIергьан гьечIеб ракь хутIун гьечIо гьениб.

Ричулел бакIалги къанагIат гурого рукIунел гьечIо, амма гьеб квекIенлъун ккун гьечIо шагьаралъул администрациялъул хIакимчиясе. Дербенталъул коммналиялгун рукъалъул хъулухъалъул нухмалъулев Замутдин Къадырбеговас вукIине бакI гьечIогон тезехъен вуго 80 соналъул ригьалде вахарал захIматалъул ветеран ХанмухIамад КъурбанмухIамадов ва гьесул сакъатай ясги хъизанги.

1971 соналъ цогидав чиясухъа бичун босун буго КъурбанмухIамадовас Восточная къватIалда бугеб бакI. Дагь-дагьккун жидерго къуваталдалъун бан буго гьениб мина. Заманалдасан, минаялъул бетIергьанлъиги чIезабун буго диваналдаса.

Мина бан лъугIун, заманго бахъилалде ралъад бахун, лъим кIанцIун буго гьезул ва аскIор ругел цогидазул минабахъе. ТIабигIияб балагьалъ ккараб зарал бецIиялъул программаялда рекъон,

КъурбанмухIамадовасул, гьеб заманалде 10 чи вугеб хъизамалъе, кьезе бихьизабун буго лъабго квартира, амма гьезие кIиго, къачIачIеб, горду нуцIацин лъечIеб бакI бугого щун гьечIо.

Лъабабилеб тIалаб кигIан гьабуниги щвечIин, лъабго мэр хисанин Дебенталъул, амма лъабасго рес гьечIин абун тIаса вихьизавунин живин абулеб буго ХанмухIамад КъурбанмухIамадовас.

ХанмухIамад КъурбанмухIамадов: «1977 соналъ байбихьана дица мина базе гьаб. Кинабго къануналда рекъон, кагъталги гьаруна, диваналдаса бетIергьанлъиялъул изнуги босана. Цинги, 90-абилел соназ байбихьана лъим бачIине, дагь-дагьккун гъанкъулеб букIана.

Гьеб мехалда букIана тIалъиялъул хIукму, нижер гьанир рукIарал чагIи рикIкIун, лъабго хъизам букIиндал, лъабго квартира кьезе, амма нижее кIиго каркас гурго щвечIо, лъабабилеб бихьизего бихьичIо.

Гьанже нижеда лъачIогон, нижер рукъалдаса нижеца инкар гьабунилан абурал кагътал рихьулел руго. Гьеб букIараб жо гуро».

КъурбанмухIамадовасул рукъ жани рукIине бегьулареблъун рикIкIине хIукму гьабун буго Дербенталъул администрациялъ 2015 соналъул ахиралда.

Гьелдса хадуб чанго диваналъул данделъи букIун буго, амма диваналъ КъурбанмухIамадовасул рахъ ккун буго. Ахираб диваналъул данделъиялда Замутдин Къадырбеговас гьесул кодоса рахъун ун руго киналго документал.

Гьел цIидасан гьаризе ккун руго. Жидер мина чанго нухалда лъим кIанцIун букIанин, амма жал гьенир гIумру гьабун ругила. КъурбанмухIамадовасул вас Мехтил рагIабазда рекъон, гьезул ракьалда бер лъун буго шагьаралъул цо хIакимчияс, гьелъ шагьаралъул администрациялдаса чагIи тIамун къватIире рахъинаризе хIажат бугила жал.

ЦевегIан, рищиязул заманаялъ гьезул гIунгутIи бицун хъварал кагътал рихьун КъуранмухIамадовасухъе вачIун вукIун вуго Халкъияб мажлисалъул депутат Николай Алчиев.

Гьес рищиязда цебе кумак гьабизе рагIи кьун букIанила. Амма депутатлъун вищун хадуб гьесухъе индал, жиндие гьаракь кьечIогон тезе букIун бугин абунила гьесин бицана ХанмухIамадица.

ХанмухIамад КъурбанмухIамадов: «Нижер къварилъи бицун букIана, рищиязул кампаниялъул заманалда гьаниве вачIун вукIарав Николай Алчиевасда. Гьев гIенеккана, цинги кIвараб кумак гьабилин рагIиги кьун букIана. Рищияздаса хадуб гьесухъе ана дун.

Амма гьес батIияб хабар бицине лъугьана, кьечIогон тезе букIун бугила жиндие гьаракь. Нижее щвараб кIиго квартираялъухъги баркалаги кьун руцIун рукIине кколила нижин абуна».

КъурбанмухIамадов ва гьесул хъизан кколел руго ЗахIматалъул ветеранал. Гьездаго цадахъ гIумру гьабун йиго сакъатай ясги. Рокъоса къватIире рахъинаризе изну гьечIин шагьаралъул администрациялъулин абулеб буго киналго, гьезул къварилъи бицун арал юристазги.

Амма гьанжеги, цIидасан диваналде кьун буго гьел къватIире рахъинариялъул иш Дербенталъул администрациялъ. Жал хвезегIан, хIалхьиялда гIумру гьабун тейин гьарулеб буго ветераназ.

XS
SM
MD
LG