МагъчIваялъе рес

С. Амрахова: «ТIалъиялъул нижедехун болъоназде гIадаб бербалагьи буго»


Лъабго сон барав Амрахов АхIмадил сахлъиялъе зарал ккун букIана 2015 соналъул сентябралда Каспийскалъул 29 лъималазул ахил кIиабилеб тIалаялда бугеб гордухъа гъоркьеги вортун.

Интернет-мухъ

Гьеб ишалъе гIайибиязда тIад гIагараб заманалда диван гьабизе буго. Гьез лъазабулеб буго гъоркье вортарав васасе дару гьабизе, гьесие ккараб кинабго зарал бецIун гIарац кьунин жидецайилан.

Гьез кьураб гIарац жидее цо нухалде Москваялде васги вачун тохтурасухъе ине гурони гIечIин, гьев вас жеги гьедин чанго соналъ вачине кколин, гьелъухъ гIарац лъицайин жидее кьезе бугебин абун ццин бахъун йиго васасул эбел Амхарова Сюзанна.

Гьелъ тIалаб гьабулеб буго жиндир васасул сахлъиялъе ккараб зарал тIубан бецIейилан ва гьел лъималазул ахалъул хIалтIухъабазе букIине кколеб тамихI гьабейилан.

Амрахова Сюзанна:«Ахирисеб нухалда тохтуралъ халгьабидал лъазабуна дир вас цIакъго чIезекIоларев лъугьун вугилан, гьеб гIанкIил унти лъугьиналъе гIиллабазул цояб бугилан. Гьаб сагIат лъугьинчIониги, дагьаб хадуб гьеб унти лъугине бегьула гьесул, гьеб гурониги жеги кинал хIасилал гъоб бетIеркьабиялъул рукIинелали лъиданиги лъаларо. ЦIакъ квешго кьабун букIана гьесул бетIер, чанго къоялъ комалдаса вигьунарого хвелищ вахъинищилан лъаларого вукIана гьев.

ЦIакъ гIемер гIарац къваригIинехъин буго нижее гьев васасе дару гьабизе. Нижее ккарабщинаб зарал бецIанин гьел лъималазул ахалъул хIалтIухъабазилан абун информация нижехъе интернеталдасан щвана. Вас азарханаялда вугев къояз нижехъе 100 азарго гъурущги босун ячIана гьесул тIалаб гьабизе кколей йикIарай лъималазул ахил цояй хIалтIухъан, цойгидалъ 20 азарго кьуна. Гьеб ахил нухмалъулелъул рахъалдасан чиги вачIана нижехъе 200 азарго гъурущги босун.

Гьебги киналго лъималазул ахалъул хIалтIухъабахъа щиб цойги гьединалго ахазул нухмалъулезухъа щиб бакIарараб гIарац букIун буго, ай гьелъул гIарац гуро гьебги. Гьеб гIарцуде цо нухалда Москваялде тохтурзабазухъе вачана нижеца вас дараби росана гьесие. ТIокIаб жоялъе гIечIо гьеб. Жеги чан соналъ кина-кинаб дару гьесие гьабизе ккелебали лъаларо дида, сунде дица вас сах гьавизе кколеб.

БецIичIо, жеги кигIан гьесда тIад хвезабизе ккелебалиги лъаларо, тIубан гьесул мадар лъугьун бугеб гIадин гаргадилел руго гьел. Нижее гьабураб рекIелбакъваялъухъ рецIел щвеялъул дица бицунебго гьечIин, гьесие гIоло дидагоги унти ккана, дунгоги психологасухъе хьвадулей йиго».

Гьединго Сюзаннал цIакъ ццин бахъун буго жиндир вас азарханаялда комалда вугев мехалда шагьаралъул администрациялдасаги, лъайкьеялъул идараялдасаги, лъималазул ахалъул хIалтIухъабиги, гьезул гIагарлъигицин бачIун жидеца кумек гьабилила сундулниги ургъел чIвазе теларила нужедайилан гаргадилел рукIаразул цохIонигияз цIехечIила жалилан.

Жиндир вас холищ вахъунищила бихьизегIан балагьун чIун рукIин гурони гьезие кIудияб ургъелго букIун гьечIила гьесулилан абулеб буго гьелъ. Бокьараб кумек гьабилин абулел рукIарал лъайкьеялъул идараялъул ва Каспийскалъул администрациялъул вакилзабиги гьанже жиндир бадирегицин ралагьуларилан.

Каспийскалда гьезул рукъалда аскIоб рагьараб цIияб лъималазул ахикье мадар лъугьараб мехалда жиндир вас восейин, гьесие дару гьабизе гIарац къваригIиналъ, рес къотIун бугин, жий хIалтIизе яхъине кколей йигин абун кумек гьарун араб мехалдаги гьес гIинго тIамун гьечIо гьез Сюзаннахъ.

Гьеб Амрахов АхIмад гордухъа гъоркье вортараб лъималазул ахалъул нухмалъулейги жиндида щибниги гIайиб гьечIей гIадин йигила, диваналде гьей цIанилан абун жидеде ахIи базе лъугьанила гьейиланги бицана Сюзаннаца «Эркенлъи» радиоялъе.

Гьединго Амраховазул гIагарлъиялъ жидерго бажариялдалъун Москваялъул Бурденкол цIаралда бугеб азарханаялдаса тохтур АхIмадихъ балагьизе МахIачхъалаялде вачун вачIараб мехалда гьебги жиндица гьабураб иш бугин гаргадун йиго лъималазул ахалъул нухмалъулей.

Амрахова Сюзанна:«Гьей лъималазул ахалъул нухмалъулелъул ва лъайкьеялъул идараялъул тIалъиялъул рахъалъан нижедехун болъоназдегIадаб бербалагьи букIана. БатIияб къагIидаялъ кин абилебалицин лъаларо дида. Гьез ниж гIадамалинцин рикIкIинчIо. Гьелъин дир тIубан ццин бахъун бугеб.

Гьеб лъималазул ахил цойгидал хIалтIухъаби къойил гIадин рачIунел рукIана АхIмадиде раккизеги, гьев кин вугевали цIехезе кIалъанги рачIуна гьел, амма нухмалъулелъ гIинцин тIамичIо нижехъ. Гьелда тIадеги нижеца диваналде гIарзаги хъван гьейги тамихIалде цIайилан тIалаб гьабураб мехалда гьелъул вас вачIана нижехъе доб жиндир эбелалъ нужее кьун букIараб гIарац нахъе кьейилан.

Гьес гьеб кьун букIун буго эбел диваналде кьечIого йикIиналъе гIоло, нижер васасе ккараб зарал бецIун гIадин гуребха. Гьадин босани бищун кIудияб гIайиб гьей нухмалъулелда буго. Лъималазухъ балагьулей кIияйго хIалтIухъан гьелъ данделъиялдеги ахIун кьижарал лъимал жалго хутIун руго. Гьезухъ балагьизе цониги чиги тун вукIун гьечIо гьенив. Гьелъул кIваргьечIолъиялъ гъоркье вортана дир вас. Гьейила абуни гьанже гIарац нахъе тIалаб гьабун нижеде хъетIезе васги витIун йиго. Диваналъ жиндир эбелалда гIайиб букIин чIезабуни гурони жидеца нужее гIарац кьеларин лъугьун вуго гьев».

Гьединго Сюзаннал разигьечIолъи буго гьев жиндир васасухъ балагьизе кколел рукIарал лъималазул ахалъул хIалтIухъабиги, гьелъул нухмалъулейги жеги гьениса нахъе реххун гьечIолъиялдаса.

Цойги чанго лъимералъе зарал ккезегIанищила гьел гьенир тун ругелин абун ццидалъ йиго гьей. Гьеб лъугьа-бахъиналъе гIайибиязда тIад гIагараб заманалда диван гьабизе бугин ,гьеб ишалда хурхун кинабго цIех-рех рагIалде бахъанилан лъазабулеб буго Дагъистаналъул цIех-рехалъул идараялъ.

XS
SM
MD
LG