МагъчIваялъе рес

Ким Чен Ыница ядериял къуватал ахIуд рахъизаруна


Ким Чен Ын.
Ким Чен Ын.

Кореялъул Халкъиябгун Демократиялъул Республикаялъул бетIер Ким Чен Ыница буюри гьабуна улкаялъул ядериял къуватал ахIуд рахъинаризе. Шималияб Корея щибаб параялъ хIадураб букIине ккола жидерго ядериял алатал хIалтIизабизе, ян абуна гьеб улкаялъул бетIерас.

Гьеб гьесул рагIаби тIиритIизаруна пачалихъияб информагентлъиялъ. 2 марталда Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ Пхьеньяналде данде лъазарурал санкциял кьваризаруна.

Америкалъул Цолъарал Штатазул улка цIуниялъул министерлъиялъул вакил Билл Урбаница Шималияб Кореялъул бетIерасде ахIи бана, гIодове виччараб хIалалда чIун, провокациониял ишал гьаругеян абун.

XS
SM
MD
LG