МагъчIваялъе рес

Бобокулова 20 соналъ жание тIамизе рес буго


Лъимер чIваялъул гIайиб гIунтIизабуна диваналъ Узбекистаналдаса Москваялде ячIун, гьений ункъго сон барай гьей яс хьихьулей йикIарай Гюльчехра Бобокуловалде, ян лъазабуна Россиялъул ЦIех-рехалъул Идараялъул вакил Владимир Маркиница.

Къануналда рекъон гьединаб чIваялъухъ 20 соналъ жание тIамизе ккола гьей. Маркиница абуна, диваналъ гьединго хIукму гьабунин Бобокуловалъе наркологиягун-психиатриялъул экспертиза гьабизе.

XS
SM
MD
LG