МагъчIваялъе рес

Хасавюрталъул лъимал гьарулеб рукъ къазеги рес буго


Хасавюрталда букIараб протест
Хасавюрталда букIараб протест

Январалъул ахиралда лъимал гьарурай гIадан хварай Хасавюрталда бугеб лъимал гьарулеб централъул хIалтIулъ гъалатIал тIатинарун руго Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ. Халгьабиялъул хIасилал ЦIех-рехалъул комитеталде ва прокуратураялде ритIун руго. МухIканго кинал къанун хвезариял тIатинарурал гьенирали баян гьабулеб гьечIо, амма хварай Залина Далиевалъул гIагараз абулеб буго гьеб центр къазе къотIараб хIукму букIин лъалин жидеда.

Хасавюрталъул лъимал гьарулеб рукъ къезеги рес буго
please wait

No media source currently available

0:00 0:03:37 0:00
Интернет-мухъ

Лъабабиблеб марталда рагIалде бахъун буго Россиялъул Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ, 29 январалда лъимер гьабурай Залина Далиева хвеялда бан байбихьун букIараб халгьаби. Халгьабиялъул хIасилалда перинаталияб централъул хIалтIулъ тIатинарун ругин гъалатIал ва къанун хвезариялин лъазабулеб буго РИА «Новости» суртаталъ.

Азарханаялде лъазаби битIун бугила киналго гъалатIал лъугIизаризе ва халгьабиялъул хIасилал ЦIех-рехалъул идараялде ва прокуратураялде ритIун ругин лъазабулеб буго баяналда. МухIканго, кинал гъалатIал ва къанун хвезариял тIатинарурал Россиялъул СахIлъи цIуниялъул министерлъиялъ тIобитIараб халгьабиялъул хIасилалдаяли мухIкан гьабулеб гьечIо.

29 январалда, Хасавюрталда бугеб перинаталияб централда кесарево операция гьабун, цадахъ кIиго лъимер гьабурай Залина Далиева хвеялъ кIудияб резонанс багъаризабун букIана жамгIияталда.

Лъабабилеб февралалда хваралъул гIагарал ва ва цогидал гIадамал ракIарун, азарханаялъул рагьда тIобитIун букIана митинг, 34 сон барай Залина Далиева хвеялъулъ гIайибал тохтурал къватIире кьей тIалаб гьабулеб букIана хваралъул гIагараз.

4 февралалда Дагъистаналъул ЦIех-рехалъул идараялъ лъазабуна Хасавюрталда бугеб лъимал гьарулеб азарханаялда лъимер гьабурай гIадан хвеялда бан такъсир гьабиялъул иш рагьун бугин. Иш рагьун буго тIадаб хIалтIи кколеб куцалда гьабичIолъиялъул хIасилалда зарал ккун букIиналда бан.

Хварай Залина Далиевалъул росасул яц Зайнабица «Эркенлъи» радиогун букIараб гара-чIвариялда баян гьабуна, жакъа къоялъги гьеб азарханаялъул тохтурал кирего инчIого хIалтIулел ругин, цониги нахъе рехарав чиги ккечIин, гIицIго Залинае Кесарево операция гьабурай тохтур Насихан Бакуева яхъуней гьечIин хIалтIудейин бицана Зайнабица.

Перинаталияб централда тIобитIараб халгьабиялъул хIасилалда гьенир гIемерал къанун хвезариял тIатинарун руго, гьезда гъорлъ, кIудияб къадаралда хIалтIизаризе бихьизабурал болжал лъугIарал дараби ратиги бугила. МухIканал гурел баяназда рекъон, 14 марталда перинаталияб центр къазе рес бугила.

Зайнаб: «ГьабсагIат тIобитIулеб буго цIех-рех, цо-цо харбазда рекъон, 14 марталда гьеб перинаталияб центр къазе рес буго. Щай гьеб къалеб бугебали лъалеб гьечIо. Москваялдаса хал гьабизе бачIараб къокъа букIана гьениб халатбахъараб заманаялъ. Абулеб буго гьенир гIемерал гъалатIал ратун ругин хIалтIулъ. Гьедино хIалтIизарулел ратун руго болжал лъугIарал дараби. Гьеб кинабго къватIибе лъазабулеб гьечIо».

Хваралъул лъимал хьихьун руго гIагарлъиялъ. Жидеда бичIчIулин, хвелги рахъинги Аллагьасдаса букIин, жидее митингал ва цойги кинаб букIаниги балагь базар хIажат гьечIин, жидее ритIухълъи чIезаби хIажат бугин бицана Зайнабица.

Зайнаб: «Гьеб митингги нижеца гьабураб жо гуро букIараб. Нижеда гьеб сверараб къагIидаялда иш инин кинго ракIалде ккун букIинчIо. Нижее хIажат буго гIицIго гIайибиял ратун, гьел тамихIалде цIай. ГьабсаIат абуни, гьеб централда хIалтIулел цониги чи нахъе рехун гьечIо, гIицIго Залинае кесарево операция гьабурай тохтур, Насихан Бакуева яхъуней гьечIо хIалтIуде».

КIиабилеб марталъ Дагъистаналъул Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ лъазабуна, республикаялда гьарурал лъимал хвей дагьлъун бугин цересел соназда данде ккун, 2,5 проценталъ. Азарго гьабураб лъимаде данде 12 хвараб кколеб бугила.

ТIолго Россиялда бищун кIудияб къадар гьарурал лъимал хвеялъул кколеб буго Дагъистаналда, гьелда бан, Россиялъул Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ республикаялъул министерлъиялъе тIадкъай кьун буго гьеб къадар 50 проценталъ дагь гьабизе.

XS
SM
MD
LG