КIудияб Британиялъул премьер-министр Дэвид Кэмэронил ракIалда буго 4 марталда халкъаздагьоркьосеб телефонияб конференция гIуцIизе. Гьадинаб ахIи гьес бана Россиялъул, Франциялъул ва Германиялъул церехъабазде.
Гьоркьоб лъезесеб суал – Сириялда ракълилаб къотIи ва маслигьаталъул шартIал цIунулеб куц. Кэмэронил пресс-секретарас ва цогидал вакилзабаз абулеб буго, рехсарал улкабазул бутIрузда тIадаб бугин Путиниде якъинго бичIчIизабизе гьеб суалалъул кIудияб кIвар бугеблъи.
Рекъел цIуни – гьеб бугин цохIого цо рес политикиял реформабазде нух рагьизе.
Ракълилаб къотIи-къай гьабун буго Россиялъ квербакъи гьабулеб Башар Асадил хIукуматазда ва оппозициониял къукъабазда бан. Террористикияллъун лъазарурал Исламияб пачалихъалда ва Аль Нусра фронталъул къукъабазда гьеб къотIи хурхараб гьечIо.