МагъчIваялъе рес

Афгъанистаналъул Жалалабадалда суицидалияб гьужум


Жалалабад. Гьиндустаналъул консуллъи. Кьвагьи бахъараб бакI.
Жалалабад. Гьиндустаналъул консуллъи. Кьвагьи бахъараб бакI.

Афгъанистаналъул Жалалабад шагьаралда дипломатикиял идараби ругеб махIлаялда кIиабилеб марталда суицидалияб гьужум гьабун буго. Жаниб бахчун тараб бомбагун автомобил кьвагьизабун буго Гьиндустаналъул консуллъиялъул минаялда цебе.

Гьелдаса нахъе байбихьана кьвагьдейги. Нижер радиоялъул мухбира лъазабуна, бахъараб кьвагьа-гIанхъиялъул хIасилалда гьужум гьабурав ункъго чи чIван вугин.

Лъукъун руго 16 гIадатияв чиги кIиго полициялъулавги. Гьеб гьужум гьабиялъул жавабчилъи тIад босун буго халкъаздагьоркьосеб жамагIаталъ террористикияблъун лъазабураб Исламияб пачалихъалъул рагъухъабаз.

XS
SM
MD
LG