МагъчIваялъе рес

Г.Бобокулова диваналда цее эхетизаюн йиго


Гьимулей чIвадарухъан
Гьимулей чIвадарухъан

Москваялъул Пресненский абулеб диваналъ кIиго моцIалъ ккуна ункъго сон барай сакъатай яс вахIшияб къагIидаялда чIварай Узбекистаналдаса Гюльчехра Бобокулова.

Лъица дуда гьеб тIадкъарабилан абураб журналистазул суалалъе жаваб кьолаго, гьелъ абуна: «Аллагьас тIадкъанин».

Интерфакс агентлъиялъул лъазабиялда рекъон Узбекистаналъул низам цIунулез Россиялъул тIадтаразде лъазабунин Бобокулова шизофрения унтиялъ унтарай гIадан йигин ва жиндирго ватIаналда гьей психиатриялъул азарханаялда чанги нухалъ егизаюн йикIанин. ГIага-божараз гьелъухъа жиндирго лъимал нахъе рахъун рукIанин.

Бобокулова жинде гIунтIизабураб гIайибалъе мукIурлъана. Диваналъул данделъиялда суравчияс абуна Бобокуловалъул ишцоялги рукIине бегьулилан. Гьеб такъсиралъул цIех-рех халат бахъунеб буго.

XS
SM
MD
LG