МагъчIваялъе рес

Шималияб Осетиялъул бетIерлъун заманалъ Битаров тIамун вуго


Тамерлан Агъузаров хвана Москваялда 16 февралалда
Тамерлан Агъузаров хвана Москваялда 16 февралалда

Шималияб Гьиристаналъул (Осетиялъул) бетIерасул ихтиярал тIуразарулевлъун Россиялъул президент Владимир Путиница заманалъ тIамуна гьеб республикаялъул хIукуматалъул нухмалъулев Вячеслав Битаров.

Путингун букIараб дандчIваялда Битаровас абуна, жинца халат бахъине бугин дагьалъ цеве гIумруялдаса ватIалъарав республикаялъул бетIер Тамерлан Агъузаровасул курсилан. Агъузаров хвана исана 16 февралалда Москваялда.

XS
SM
MD
LG