МагъчIваялъе рес

Ираналъул экспртазул Шураялде рищиял унело руго


Официялиял гурел баяназда рекъон Ираналъул экспертазул Шураялде тIоритIарал рищиязул хIасилалда президент ХIасан РухIание ва гьесул рахъ ккуразе 16 бакIаздаса 15 бакI щун буго.

ГIаммаб къадаралда Шураялда 88 бакI буго. Гьеб ккола Ираналъул ТIадегIанав Аятоллагь вищулеб динияб Шура. ГьабсагIат гьеб хъулухъалда вуго консервативияб нухъ ккурав ГIали Хаменеи.

26 февралалда Ираналда тIоритIарал парламентиял рищиязда цIикIкIун гьаркьал щолел руго РухIанил ва гьесул рахъ ккурав экс-президент Акбар Хашеми Рафсанжанил кандидатазе.

Официалияб хIасил жеги лъазабун гьечIо.

XS
SM
MD
LG