МагъчIваялъе рес

Москваялда вахIшиго лъимер чIвана


Москваялда «Октябрьское поле» метроялъул станциялда аскIоб полициялъ ккуна чIвараб лъимералъул бетIергун кодоб «Аллагьу Акбар» - ян ахIулей йикIарай чIужу-гIадан.

ЦIех-Рех гьабулеб идараялъул Москваялъул бутIаялул вакил Юлия Ивановалъ лъазабуна, 39 сон барай гьей чIужу-гIадан кколин Узбекистаналдаса гьение ячIарай Гюльчехра Бобокулова. Гьей йикIун йиго гьев чIварав лъимер хьихьулей гIаданлъун. Лъимералъул улбул рукъоса къватIире унеб мехалъ гьелъ лъимер чIван, рукъ бухIизабуна. Унеб буго гьеб такъсиралъул цIех-рех.

XS
SM
MD
LG