МагъчIваялъе рес

Афгъанистаналда кIиго кьвагьиялъ ракълилал кIалъа-ралъаязда сверун суалал рижизарун руго


Кабулалда кьвагьи ккараб бакI,27Фев2016
Кабулалда кьвагьи ккараб бакI,27Фев2016

Афгъанистаналда 27 февралалда жалго жидецаго чIвалев кIиго чияс кIиго кьвагьи гьабиялъул хIасилалда хун вуго 28 чи. Гьел кьвагьияз суалал раккизарулел руго Кабулалда ва тIалибазда гьоркьор тIоритIизе рукIарал ракълилал кIалъа-ралъаязда сверун. Афгъанистаналъул президент Ашраф Гъаница лъазабулеб буго гьесул хIукуматалъ кинаб букIаниги рагъулаб фракциягун диалог гьабизе гьечIин, гьез чIвалел ругин гIадатиял гIадамал ва улкаялъ террористалгун гьабулеб къеркьей кьваризабизе бугин. Афгъанистаналъул, Пакистаналъул, Америкаялъул ва Китаялъул вакилзаби цо рахъалдасан тIалибазул вакилзаби цоги рахъалдасан гIахьаллъарал ракълилал кIалъа-ралъаял гьаризе бицунеб букIана бачIунеб анкьалда Исламабадалда.

XS
SM
MD
LG