МагъчIваялъе рес

Ираналда рикIкIунел руго рищиязда кьурал гьаркьал


Ираналда рикIкIунел руго цебесеб къоялъ рукIарал рищиязда кьурал гьаркьал. Рузман къоялда гьениб бищулеб букIана парламент ва улкаялъул ТIадегIанав лидер вищулеб экспертазул Шура. Аслияб къеркьей унеб букIана реформабазде цIайи цIикIкIарав президент ХIасан Роханил ва консервативияб курс тIаса бищарав аятолла ГIали Хаменеил рахъ кколезда гьоркьоб. Гьел рищиязул хIасилазде балагьун Ираналда кIудиял хиса-басиял ккезеги рес бугин рикIкIунеб буго экспертаз. Рищиязул тIоцересел хIасилазул гьатIан къоялдаса ригьалда лъазабизе гьечIо.

XS
SM
MD
LG