МагъчIваялъе рес

Россиялда ракIалде щвезавулев вукIана Борис Немцов


Борис Немцов ракIалде щвезавулезул марш. Москва. 27Фев2016.
Борис Немцов ракIалде щвезавулезул марш. Москва. 27Фев2016.

Оппозиционияв политик Борис Немцов ракIалде щвезавиялъул тадбирал унел рукIана шамат къоялда Москваялда, Петербургалда, Гъоркьияб Новгородалда, Новосибирскалда, Доналда бугеб Ростовалда ва Россиялъул цоги шагьаразда.

Гьев чIван вукIана лъагIел цебе улкаялъул тахшагьар бакьулъ.

ТIалъиялъ разилъи кьураб марш ана Страсной бульваралдаса Сахаровасул проспекталде щвезегIан. Гьенив 50 азарго чи гIахьаллъизе вугин лъазабун букIана гьеб гIуцIараз. Ахирисел баяназда рекъон, гьелда гIахьаллъи гьабун буго 14 азаргоялдаса цIикIкIун чияс. ГIадамал ракIарулел рукIана Немцов чIварав Москворецкий абулеб кьода аскIорги. Шамат къоялъул радал Немцов чIвараб бакIалда тIугьдул лъуна Россиялда вугев Америкаялъул вакил Джон Теффица.

ПАРНАС партиялъул нухмалъиялдаса Ярослав икълималъул думаялъул депутат Борис Немцов чIван вукIана 2015 соналъул 27 февралалъул сардилъ.

XS
SM
MD
LG