МагъчIваялъе рес

Москваялда унел руго Немцов ракIалде щвезавиялъул тадбирал (ЧIАГОЯБ ЭФИР)


Оппозиционияв политик Борис Немцов ракIалде щвезавиялъул тадбирал унел руго Петербургалда, Гъоркьияб Новгородалда, Новосибирскалда, Доналда бугеб Ростовалда ва Россиялъул цоги шагьаразда.

Оппозиционияв политик Борис Немцов ракIалде щвезавиялъул тадбирал унел руго Петербургалда, Гъоркьияб Новгородалда, Новосибирскалда, Доналда бугеб Ростовалда ва Россиялъул цоги шагьаразда.

Москваялъул Бульваралъул абулеб горсверуде ракIарулел руго Немцов ракIалде щвезавиялъул маршалде гIадамал. Гьев чIван вукIана лъагIел цебе улкаялъул тахшагьар бакьулъ.

ТIалъиялъ разилъи кьураб марш ине буго Страсной бульваралдаса Сахаровасул проспекталде щвезегIан. Гьел 50 азарго чи гIахьаллъизе вугин лъазабун буго. ГIадамал ракIарулел руго Немцов чIварав Москворецкий абулеб кьода аскIор.

Эркенлъи Радиоялъул сайталда кьолеб буго чIагояб эфир.

Шамат къоялъул радал Немцов чIвараб бакIалда тIугьдул лъуна Россиялда вугев Америкаялъул вакил Джон Теффица.

ПАРНАС партиялъул нухмалъиялдаса Ярослав икълималъул думаялъул депутат БОрис Немцов чIван вукIана 2015 соналъул 27 февралалъул сардилъ.

XS
SM
MD
LG