МагъчIваялъе рес

ЖамгIияв хIаракатчи МухIамадовасухъе туснахъалде щивго виччалев гьечIо


Диваналъ цIидасан туснахъ гьавизе хIукму къотIарав «Союз Справедливых» абураб жамгIияб гIуцIиялъул гIахьалчи МухIамадов МухIамадихъе туснахъалде я гьесул адвокат, я жамгIияб туснахъазда хал-шал гьабулеб хасаб комиссиялъул гIахьалчагIи риччалел гьечIин лъазабулеб буго жамагIатчагIаз. 27 февралалда гьесул адвокат туснахъалде виччазе инкар гьабун буго, гьеб хIалтIул къо гуриланги абун. Жинда цере гьеб къоялъ туснахъалде чанги батIиял адвокатал жаниреги къватIиреги хьвадулел рукIанин лъазабулеб буго гьес. Гьединго гьеб жамгIияб комиссиялъул вакилзабиги жанире риччан гьечIо цин МухIамадовасулгун оперативиял тадбирал тIоритIулел ругин абун, хадубги лъазабун буго гьез жал туснахъалде гьесулгун дандчIвазе рачIине ругин абураб кагъат ригьтIаго гьенибе кьун гьечIин абун. Амма гьеб гьереси бугила, гьеб кагъатги жидеца заманалда киса-кибего кьун букIанин лъазабулеб буго жамагIатчагIаз. Гьезги прокурорасги туснахъалъул нухмалъиялъ къанун хвезабулеб бугин абун прокуратураялдеги цIех-рехалъул идараялдеги кагътал хъван руго.

XS
SM
MD
LG