МагъчIваялъе рес

Думаялъ цIидасан инкар гьабун буго Немцов ракIалде щвезавизе


Борис Немцов
Борис Немцов

Россиялъул Думаялъ цIидасан инкар гьабун буго сихIкъотIиялъул минуталдалъун Борис Немцовасул рухIалъул хIурмат гьабизе. Гьедин лъазабуна Твиттералда депутат Дмитрий Гудковас. Немцов чIван вукIана араб соналъул 27 февралалъул сардилъ. Араб соналдаги депутатаз инкар гьабун букIун буго гьединабго инициативаялъул рахъ кквезе.

Доб мехалда парламенталъул спикер Сергей Нарышкиница гьеб суал гьаркьалкьеялдецин босун гьечIо Немцовасул гIагаразде зигара баялъул телеграмма битIанин жинцайинги абун.

Исана 27 февралалда Москваялда ва Россиялъул цоги шагьаразда тIоритIизе руго Борис Немцов ракIалде щвезариялъул тадбирал.

XS
SM
MD
LG