МагъчIваялъе рес

Легалиял гурел мигрантазде данде тадбирал гьарулел руго НАТОялъ


НАТОялъул рахъ кколез гIуцIун буго Эгеялъул ралъдалъ цадахъал операциял гьариялъул план. Гьедин гьезда ракIалда буго Туркиялдаса ва Грециялдаса къануналде данде кколареб куцалда Евроцолъиялде мигрантал раччи чIезабизе.

Брюсселалда партнералгун рукIарал халат-рахъарал кIалъа-ралъаяздаса хадуб НАТОялъул Генералияв секретарь Йенс Столтенбергица лъазабуна 25 февралалда, Грециялъул ва Туркиялъул рагъулал къуватаз жидер мадугьалзабазул ралъдалал ва гьавадул гIурхъаби рахине гьечIин. НАТОялъул цоги улкабазул абуни гумузе кьолеб буго гьеб кIиябго улкаялъул территориалиял лъиналъ хъаравуллъи гьабизе ихтияр.

2015 соналда ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул улкабаздаса Европаялде вачIун вуго цо миллион гIанасев мигрант. Süddeutsche Zeitung газетаялъ хамиз къоялда лъазабулеб букIана 2020 соналде Алманиялъ 3 миллионгун 600 азарго мигрант къабул гьавизе вугин кколин.

XS
SM
MD
LG