МагъчIваялъе рес

Малайзиялъул авиалайнер кьвагьиязабиялъул гIайиб Россиялда гьабулеб буго


Украиналда тIад 2014 соналда Малайзиялъул авиалайнер кьвагьизабиялъул цIех-рех гьабулеб къукъаялъ гьеб трагедиялъул гIайиб гьабулеб буго Россиялъул рагъулаб бутIаялда. Гьедин абулеб буго 24 февралалда Bellingcat абун лъалеб халкъаздагьоркьосеб къукъаялъ къватIибе кьураб докладалда. Гьезул цересел докладазда рехсолеб букIана Россиялъул зенитазулгун ракетабазул 53-рагъулаб бутIа.

https://www.bellingcat.com/wp-content/uploads/2016/02/53rd-report-public.pdf

Гьеб трагедиялде Россиялъул гIахьаллъиялъул хъвалсарал далилазул ирга дагьабги халат гьабулеб буго гьеб хIужаялъ. Гьезул докладалда рехсолел руго гьениб ккараб лъалел рукIарал ва авиалайнер кьвагьизабураб Бук-М1 ракетаялъе нухцин бихьизабизе рес букIарал Россиялъул армиялъул офицеразул ва гIадатиял солдатазул цIарал.

Амстердамалдаса Куала-Лумпуралде боржунеб букIараб Malaysia Airlines авиакомпаниялъул Boeing 777 кьвагьизабун букIана Украиналда тIад 2014 соналъул 17 июлалда. Гьелда тIад вукIана 298 чи.

XS
SM
MD
LG