МагъчIваялъе рес

Афгъаназул тIалибаз кIалъа-ралъаязе шартIал тIалаб гьарулел руго


Катаралда бугеб афгъаназул тIалибазул офисалъ лъазабулеб буго Кабулалъул хIукуматгун ритIарал кIалъа-ралъаял байбихьилалде цебе Афгъанистаналдаса киналго къватIисел аскарал нахъе ине кколин. ТIалибазул официалияв вакил МухIамад Наимица гьедин абуна Эркенлъи Радиоялъул афгъаназул хъулухъалъе. Гьесул рагIабазда рекъон, ункъго улка гIахьаллъарал гьел кIалъа-ралъаял байбихьизе ккола Исламадалда марталъул тIоцебесеб анкьалда. УнкъбокIон абулеб координациялъулаб къукъаялде гъорлъе унел руго Афгъанистан, Пакистан, Китай ва Америка.

XS
SM
MD
LG