МагъчIваялъе рес

Хехаб гуреб кумек


Хехлъизе ресал гьечIеб "хехаб кумекалъул" хIакъалъулъ.

МахIачхъалаялда бугеб Хехаб кумекалъул станциялъул ресал гIадамазул хIажалъалабазда данде кколел гьечIо. Гьелъие мукIурлъула жалго гьел станциязул хIалтIухъабиги. Хехаб кумекалъул станциялъул тIолабго транспорталъул бащдаялдаса цIикIкIараб къадар хвараб, хисизе заман щвараб рагIула, Гьединлъидал унтаразухъе унаго гьел чанги нухда машина хунги хутIулел руго.

Хехаб кумек хехаб гуреб кумекалулин таниги бегьилилан рикIкIунеб буго цо нухалъгIаги гьеб ахIарал гIадамазул бащалъиялъ. Хехаб кумек хIажалъарал унтаразул цо къадар гьеб тIаде щвечIогон хутIулел руго, цогидазухъе гьеб сагIаталдасаги цIикIкIун заман бан бачIунеб буго, лъабабилел абуни гьелда божичIогон, жидерго ресаздалъун унел руго азарханаялде. Гьедин ине ккун вуго МахIачхъалаялдаса МухIамадги. Гриппалъул унтабазул ригь букIараб мехалда, цIа бахун къагIида гьечIогон лъугьарав чияс ахIун буго Хехаб кумекалъул станциялде, амма сагIаталдасаги гьеб тIаде щун гьечIо унтарасде.

МухIамад МухIамадхIажиев: «СагIаталдаса тIад вуссун кIалъайдал дида гьез абуна бачIунеб бугин Хехаб кумекалъул машинайилан. СагIат ана, гьеб заманалда жаниб чи хвезеги рес буго. Дида бичIчIуларо лъил гьеб гIайиб бугебали, гьеб хехаб кумекалда хIалтIулел тохтуразулищ, яги гьезде тIаде цIакъго цIикIкIараб къадар унтаразул кколеб букIиналдайищали. СагIатгун бащадалдаса рачIана гьел, хал-шалги гьабун ана. Кинаб букIаниги дару гьез дие гьабичIо, дицаго росизе рукIине хъван кьун тана».

Хехаб кумекалъул машина тIаде щоларин сагIаталдасаги, бищунго лъикIаб бугин нилъерго ресал ратун азарханаялде инин рикIкIунеб буго Ражаб ГIалимхановас. КIиго нухалъ ахIанила жинца Хехаб кумекалъул машина, амма кIиябго нухалда жиндихъе гьеб щвечIин баян гьабуна гьес «Эркенлъи» радиоялъе.

Ражаб ГIалимханов: «КIиго нухалъ букIана гьединаб хIал, дица хехаб кумекалъул машина ахIизе ккараб. КIиябгоги нухалъ гьеб цIакъ гIемер заманаялъ бачIунеб букIана, цо нухалъ тIад буссун ахIаниги жо ккечIо. КIиябгоги нухалда дун, дирго ресазда автомашинаги балагьун, ана азарханаялде. Гьеб хехаб кумек дица ахIараб мех букIана къаси заман, гьеб мехалда нухда пробкабиги рукIунаро, лъаларо щай гьеб хIалалъ гьел кватIарулелали».

Жакъа МахIачхъалаялъул Хехаб кумекалъул станциялда хIалтIулеб буго 40 гIанасеб машина, амма шагьаралъул хIажалъалаби тIубазе хIажалъулин 70 машинайин абулеб буго Хехаб кумекалъул станциялъул тохтур АхIмад Рамазановас. Щибаб къояйил цо-цо хехаб кумекалъул машиналъухъе бачIунила гьоркьохъеб куцалда 15 ахIи, гьезул 12 гурого къабул гьабизе рес кколарила. ГIемерисеб кватIариялъе гIиллабиги тохтурас ричIчIизарулел руго цIакъго хвараб транспорт букIиналдалъун. Жакъа хехаб кумекалъул станциялъул автопарк цIигьабичIони, тIаде соналде Хехаб кумек тIаде лъидего щвечIогон хутIизеги рес бугила. АхIмад хIалтIулев хХехаб кумекалъул машина кколеб буго 10 сон бараб. 2006 соналда рачIун руго ахираб нухалда Хехаб кумекалъул станциялде цIияб машинаби.

АхIмад Рамазанов: « Дун хIалтIулеб машина буго гьанире тIоцере рачIаразул цояб. Машина буго кьаву чIвараб, кидаго къачIалеб букIунеб. Жакъа нижер букIарабани цIияб траспорт, ниж сагIаталда жаниб гуреб, 10 минуталде щвелаан унтарасухъе. Нухда унаго, чанги букIана лъугьа-бахъин, нухда транспорт хун хутIарабги. Цо-кIиго къоялъ хIалтIун, хун хутIула машина, цинги гьеб ккола нахъеги къачIазе».

Чанги букIанила лъугьа-бахъин, Хехаб кумек кватIидал, тохтурал унтаразул гIагараз рухаралги.

Хехаб кумекалъул станциялъул автопарк цIигьабизе хIажат ккеялъул хабар некIогоялдаса бицунеб буго. Цо Хехаб кумекалъул машина хIалтIизе бихьизабураб заман кколеб буго лъабго сон, хадубккун гьел хисизе кколел руго. Жакъайин абуни, 10 сон барал машинаби ругила хIалтIулел.

ЦерегIан къояз, Дагъистаналъул Сахлъи цIуниялъул министерлъиялъ лъазабуна, 2016 соналда жаниб 180 цIияб Хехаб кумекалъул машинаби рачIине ругин Дагъистаналде, гьеза гъорлъа 70 машина кьезе бугила МахIачхъалаялъул Хехаб кумекалъул станциялъе. Амма Жалго Хехаб кумекалъул станциялъул хIалтIухъаби тIубан гьелда божулел гьечIо.

XS
SM
MD
LG