МагъчIваялъе рес

Amnesty International: Сириялда Россиялъ гьарулел руго «вахIщиял» рагъулал такъсирал


Инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун Amnesty International абулеб идараялъ лъазабулеб буго Сириялда Россиялъ гьарулел «вахIщиял» рагъулал такъсиразул.

Инсанасул ихтиярал цIунулезул баяналда рекъон, араб анкьалда, Россиялъ ургъунго авиакьабиял щвезарулел рукIун руго ракълилал гIадамазда ва хвасарчагIазда.

Sky News телекомпаниялъе кьураб интервьюялда Amnesty International идараялъул кризисалъулаб абулеб программаялъул директор Тиран ХIасаница лъазабуна жидехъ ругин гьел авиакьабиял школазда, азарханабазда ва гIадамаз гIумру гьабулел рукъзабазда щвезарулел рукIиналъул далилалин.

Тиранил рагIабазда рекъон, гражданиял объектазде бомбаби рай-гьадингоги буго рагъулаб такъсир, амма гьезухъе даимго щолел руго гьелда бакIазда авиакьабиял тIатIаларуссун гьарулел рукIиналъул баянал. Гьедин чIвалел ругин лъукъар хвасар гьаризе арал гуманитариял идарабазул хIалтIухъабиги гIадатиял гIадамалгийин абулеб буго гьелъ.

ХвасарчагIаз лъазабулеб буго гражданиял объектазде щибаб къойил щвезарулел авиакьабиязул ва гьенире рехулел –гьукъарал-кассетазул бомбабазул. Россиялъ гьединал гIайибал даимго нахъчIвалел руго.

XS
SM
MD
LG