МагъчIваялъе рес

Туркия: Сириялда ракьалдасан рагъулаб операция гьабизе гьечIо


Турикиялъ ва СагIудиязул ГIарабиялъ ракьалдасан кинаб букIаниги рагъулаб операция гьабизе гьечIо Сириялда. Гьедин абуна итни къоялда Туркиялъул къватIисел ишазул министр Мевлют Чавушоглуца. Гьес рикIкIунеб буго гьединаб хасияталъул ишал Америкаялъ бетIерлъи гьабулеб ва ДАГIШ террористияб къукъаялда авиакьабиял щвезарулеб коалициялъул киналго улкабаз цадахърекъон рагьизе кколин.

Министрас тIадчIей гьабулеб букIана Сириялда рекъел гьабиялъе аслияб квал-квал Россиялъул авиакьабияз гьабулеб букIиналда.

Чавушоглуца лъазабуна, араб анкьалда заманаялъ рекъел гьабизе хIадурал рукIиналъул лъазабураб Сириялъул оппозициялъ Эр-Риядалда талат къоялда данделъи гьабизе бугин. ШартIал рихьизарун, кьвагьи чIезабизе хIадурав вукIиналъул гьатIан къоялда лъазабун букIана Сириялъул президент Башар Асадицаги.

XS
SM
MD
LG