МагъчIваялъе рес

Украиналда ралагьулел руго Россиялъул банказул филиалазе гьужумал гьарурал


Украиналъул нухмалъиялъ лъазабулеб буго арал гIодоркъоязда улкаялъул цо-цо шагьаразда ругел Россиялъул банказул филиалазде тIадекIанцIиял гьариялъул цIех-рех гьабулеб бугин. Гьел къоязда хIукуматалде дандечIей гьабураб Майданалъе кIиго сон тIубаялъул тадбиралде рахъарал гIолилаз ганчIал речIчIун цIурдул рекулел ва жанире лъугьун къайи гъурулеб букIана гьел банказул бутIабазда. 21 февралалъул къаси Львов шагьаралда бухIун букIана Сбербанкалъул филиал. Гьенибго гьужум гьабун буго ВТБ банкалъеги. Мариуполалдаги Сбербанкалде тIадекIанцIи гьабун буго. Киевалда 20 февралалда талавур гьабун букIана Сбербанкалъул кIиго филиал.

XS
SM
MD
LG