МагъчIваялъе рес

Хвана Шималияб Осетиялъул бетIер Темерлан Агузаров


Хвана Шималияб Осетиялъул бетIер 53 сон барав Темерлан Агузаров. Заманалъ гьесул хъулухъалъул тIадкъаял тIуразаризе тIамуна хIукуматалъул нухмалъулев Вячеслав Битаров.

Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго хIукуматалъул вакилас.

Темерлан Агузаров хвана пневмония унтиялдаса сах гьавулаго Москваялъул клиникаялда. Гьев вукъизе вуго 21 февралалда. Республикаялда 21 февраль лъазабун буго къварилъиялъул къолъун.

XS
SM
MD
LG