МагъчIваялъе рес

«Самопомощь» нахъе лъугьунеб буго нухмалъиялъул коалициялдаса


Украиналъул парламенталъул нухмалъиялда бугеб коалициялдаса нахъе лъугьана «Самопомощь» абураб фракция.

Гьелъул хIакъалъулъ хамиз къоялда лъазабуна гьеб фракциялъул кумекчи Олег Березюкица. Гьесул рагIабазда, фракциялъул киналго гIахьалчагIаз жидерго гъулбасал лъуна ТIадегIанаб Радаялъул нухмалъулев Владимир Гройсманихъе хъвараб хитIабалда гъоркь.

«Самопомощалъул» депутатал рази гьечIо президент «Петр Порошенкол блок» «Халкъияб фронтгун» ва Регионазул партиягун гIагарлъун букIиналда.

XS
SM
MD
LG