МагъчIваялъе рес

ООНалъул гуманитарияб конвой щвана балагьалде ккарал сириялъулазухъе


Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул гуманитарияб кумекгун конвой щун буго рагъдаса кIудияб зарал ккарал Сириялъул мухъазде.

ООНалъул вакилас лъазабухъе, квен-тIехх ва медикияб къай-матIахIгун юк баччулел автомобилал 17 февралалда щвана оппозициялъул къуватазул контролалда гъоркь ругел Дамаскалъул рагIаллъабазда ругел Мадайя, МуадхIамийя, Забадани шагьаразде ва хIукуматалъул къуватазул контролалда гъоркь ругел Фоа ва Кефрайа росабалъе.

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул хIисабалда, гIадамал къватIире рорчIизе рес гьечIел, сверун ккун ругел мухъазда рагIула бащдаб гIанаб миллион сириялъулав.

XS
SM
MD
LG