МагъчIваялъе рес

Донбассалда ахIвал-хIал хIалуцунеб буго


Украиналъул Машрикъалъул рахъалда ОБСЕялъул тоххаллъи гьабулеб хасаб мониторингалъул къокъаялъ лъазабулеб буго Донбассалда ахIвал-хIал хIалуцунеб букIиналъул хIакъалъулъ.

Гьеб къокъаялъул вакил Александр Хугил рагIабазда, ахирисеб кIиго анкьалда тоххалчагIзда бихьулеб буго кьвагьдеялъул хIужжаби цIикIкIунел рукIин, цIикIкIун руго гIадатиял гIадамазда гьоркьор къурбаналги. Гьесго абулеб буго гьелъул багьана хурхараб бугин Минскалда гьарурал къотIи-къаязда рекъон хIинкъигьечIолъиялъул зона гIуцIичIого хIутулеб букIиналдайин.

XS
SM
MD
LG